Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Имам ХIарамайниясул хIакъикъияб цIар щиб?

– ГIабдулмалик бин ГIабдуллагь бин Юсуф.

2. ГIиззуддин бин ГIабдусаламида лъица абураб гIалимзабазул султIанилан?

– Гьесул мутагIалимас, имам Такъиюддин бин Дакъикъица.

3. Сура «Инсаналъул» кIиабилеб цIар щиб?

– Суратул «Дагьр».

4. Салам абураб Аллагьасул цIар Къуръаналда чан нухалъ бачIараб?

– Цо нухалъ.

5. ТIоцебе Адам аварагасда рухI лъедал щиб багъарараб лагаялъул?

– Чинхъана.

6. «ГIаммаялъул» сураялда щиб пихъ рехсараб?

– ЦIибил

7. Юсуф аварагасул чан вац вукIарав?

– 11 вац вукIана.

8. ЯхIя аварагас кидал гIадамазда гьоркьоб хIукму къотIизе байбихьараб?

– ГьитIинго вукIаго.

9. ФиргIавнил тавбу Аллагьас щай къабул гьабичIеб?

– Холеб мехалъ гьабураб букIиналъ.

10. Чан нухалъ ФиргIанил цIар рехсараб Къуръаналда?

– 74 нухалъ.

11. Киб чIей букIараб Зулкъарнайил?

– Шамалда.

12. ТIоцебе Къуръаналда щив аварагасул къиса рехсараб?

– Адам аварагасул.

13. Гьарун кив гьавурав?

– Египталда.

14. Туснахъалда вугеб мехалъ Юсуф аварагас щиб гьабулеб букIараб?

– Туснахъалъул ругел ТIадегIанав Аллагьасе гIибадат гьабизе ахIана.

15. Тушманасул рокъоб тарбия щварав авараг щив вукIарав?

– Муса авараг.

16. Щай ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда рехсарал аварагзабазул къисаби?

– Гьезул къисабазда жаниб нилъее пайда ва дарс букIун.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...