Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул районазда Аварагасул ﷺ асарал

Дагъистаналъул районазда Аварагасул ﷺ асарал

Дагъистаналъул районазда Аварагасул ﷺ асарал

Сентябрь моцIалъул къояз Хасавюрт районалъул Къуруш росулъ ва Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалда лъун рукIана шайих АхIмад-афандиясухъ цIунун ругел Аварагасул ﷺ, асхIабзабазул, табигIуназулгун шайихзаби-вализабазул анцI-анцI асарал. Гьезда гьоркьоб бищун къиматаблъунги букIана хирияв Аварагасул ﷺ рас.

 

Гьел асарал рихьизе Дагъистаналдасагун Россиялъул батIи-батIиял бакIаздаса гIемерал чагIи рачIана. РачIанщиназ загьир гьабулеб букIана жидеего гьабураб асар ва гьел рихьизе щвезе сабаблъун ккаразе ракI-ракIалъулаб баркалаги кьуна.

Къурушалдегун Шамилхъалаялде асарал рихьизе рачIаразул букIараб хIалалъул гьитIинабго фоторепортаж кьолеб буго гъоркьехун.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...