Аслияб гьумералде

Бищун хъубаб, бищун гIодобегIанаб

Бищун хъубаб, бищун гIодобегIанаб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсанасе рахIматлъун кьураб жо ккола тавбу. Мунагьал рикьула кIиго тайпаялде. Цо тайпа ккола лагъасда ва Аллагьасда ﷻ гьоркьоб бугеб, цогидаб тайпа - лагъасдаги ва цогидал гIадамаздаги гьоркьоб бугеб, ай инсанасда хурхараб. ТIоцебесеб тайпа тавбу гьабиялдалъун Аллагь ﷻ тIаса лъугьун къабул гьабулин абун хьул букIуна, амма кIиабилеб тайпа жиндехун мунагь гьабурав чи тIаса лъугьун гурони тIаса кколаро.

 

Жакъа гIемер тIибитIун буго даимго гьабулеб, гьабурасеги зарал бугеб, сверухъ ругезеги ва жиндирго сахлъиялъеги кутакаб хIинкъи бугеб мунагь. Даимаб мунагь Аллагьасда ﷻ цере рахъун чIараб къоялъ цIакъ хIинкъи бугеблъун ккола. Гьебги ккола мехтел гьекъей.

Жабир-асхIабасдасан бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ лагъ вахъинавула жив хвараб хIалалда», - ян.

Бищун хъубаб, бищун гIодобегIанаб, чороклъиялъулаб ва нахъегIанаб жо буго гIаракъи гьекъей. Гьелдаго цадахъ гьекъолеб жоялъ инсан вачуна зина гьабиялде, бикъа-хъамиялде, гьереси бициналде, гъибат-бугьтан гьабиялде. Гьебгун цадахъ, гьекъолел чагIазе бокьулеб гьечIо насихIат гьабун жидедаго аскIове чи вачIинеги. Жинца кьелин гьелъул жавабилан абула. Амма ахир Къиямасеб къоялъ Аллагьасда ﷻ цеве вахъун чIедал, кIоларо гьелъул жаваб кьезеги. Гьеб мехалъ бичIчIула шайтIаналъ жив махсароде ккун вукIин. Гьеб мехтел бичарасги, босарасги, гьабурасги, ай киназго кьезе буго жаваб Аллагьасда ﷻ цебе.

Аварагасул ﷺ цогидаб хIадисалда буго.: «Гьекъолеб жо хIалтIизабурав чиясул кIикъого къоялъ бараб как къабул гьабуларо», - ян. Жакъа медицинаялъги чIезабуна мехтел гьекъарав чиясул бидулъа гьелъул асар кIикъого къоялъ унарилан.

Ибну ГIабасидасан бицана, Мадинаялъул агьлу кIикъого соналде рахиндал тIубанго гIибадаталде руссунаанилан. Гьелъул магIна кколаро, кIикъого соналде щвезегIан гIибадат гьез гьабулароанин абураб. Гьелъул магIна буго ригьалде рахиндал гIибадаталде жеги кIвар кьолаанин абураб.

РачIа, диналъул вацал, квешаб гIамал тун тавбуялде руссинин. Аварагасги ﷺ абун бугелъул: «Тавбу гьабурав мунагь гьабичIевго гIадин вукIуна», - ян. Тавбуялъ инсанасул мунагьал чурула, шартIалги цIунун гьабураблъун батани. Бищун квешавги тавбу гьабиялдалъун лъикIавлъун лъугьуна.

 

 

 

 

ГIаракъи гьекъеялъул хIасил

- ГIаракъи гьекъедал инсан гьагав чиясда релълъуна. Цо гьекъолдухъан нух бакьулъе лагIана. Гьесда аскIобе гьве бачIана ва гьесул гьумер чIикIизе лъугьана. Цинги гьес гьвеялда абуна: «Я, дир сайид, дуе хIажатаб щиб? Дир гурде махIцинабуге. Аллагьас ﷻ мун цIунаги», - ян. Цинги гьеб гьве гьесул гьурмаде кIущидал, гьес абуна: «Лъел бухIиго щиб?» - ян.

- ГIаракъи гьекъеялъ гIакълуги инабула гIарацги гIадада хвезабула. ГIумар ибн ХатIабица абуна: «Я, дир Аллагь ﷻ, гьекъолеб жоялдехун Дур бугеб пикру бихьизабе нижеда. Гьелъ нижер гIарацги гIадада хвезабула, гIакълуги тIаса инабула», - ян.

- Гьекъолдухъанасдаса бачIунеб рокьукъаб махIалъ нилъер гъуждузда рукIунел малайкзабазе зарал гьабула

- ШаригIаталда рекъон, гьекъарав чиясе тамихI 80 нухалъ цIал кьаби буго. Гьаб ракьалда гьелдаса хвасарлъаниги, ахираталда, жужахIалъул цIалалъ кьабула гьесда. Эбел-эмен, гIагарал, гьудулзаби ва киналго гIадамал рукIине руго гьелъухъ балагьунги.

- Гьекъолдухъанас живго жинцаго рехула жужахIалъул кIкIалахъе. Гьекъон вукIаго рухI бахъани, хIинкъи буго купруялда хвеялда.

 

ГIизудин ГьитIиножоев, Шамил районалъул имам

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...