Аслияб гьумералде

Зобалазда лъалев бахIарчи

Зобалазда лъалев бахIарчи

Нилъ руго цере арал лъугьа-бахъиназухъ гIенеккизе бокьулел гIадамал. Аза-азар чиясда гьоркьоса цо-цо мехалъ цо чи вахъуна бахIарчилъун. Гьес гьабула цогидаз гIицIго бицун толеб жо. Гьес гьабула ва амма гьев гIемер гаргадуларо. Гьединал гIадамал руго жакъаги. Нилъеда гьел лъаларо, амма гьел нилъеда гъорлъ руго. Ккараб къоялъ гьел ратула ва жалго загьирлъула.

 

Бокьун буго Маслама ибн ГIабдул-Маликил хIакъалъулъ бицине. Гьесда абулаан «Фарису Бани Умая» - Бану Умаяталъул чуязул бетIергьан ва бахIарчи абун. Гьев вукIана бахIарчияв, ритIухъав, Аллагьасукьа хIинкъулев чи. Гьев гьоркьоса къотIичIого гIахьаллъулаан рагъазулъ. Гьев Дербенталдеги щун вуго, исламги тIибитIизабулаго. Гьесул гIахьаллъиялдалъун бана Дербенталда бугеб некIсияб мажгитги.

Гьединго бицуна Маслама ибн ГIабдул-Маликица Константинополь бахъизе къасд гьабун букIанин, амма Аллагьас гьесие гьеб хъван букIинчIинги. Амма жакъасеб хабар гьесул хIакъалъулъ гуро бугеб. Хабар буго жакъа къоялде щвезегIан цIар лъачIого хутIарав бахIарчиясул хIакъалъулъ.

Жиндирго сапаралъул заманалда Маслама ибн ГIабдул-Малик аскIове щвана цIакъго щула гьабураб Византиялъул шагьаралде. Хъала букIана гIемераб мехалъ бусурбабазда босизе кIвечIого, цIакъ щула гьабураб. Гьез хIукму гьабуна киналго рахъаздасан хъалаялъул хал-шал гьабизе. Халгьабиялдаса хадуб гьезда батана цо загIипаб бакI - цIакъго къваридаб, рагьараб. Гьеб дагьаб гIатIид гьабуни, цо чи гурони ине рес букIунароан.

Цинги Маслама ибн ГIабдул-Маликица абуна: «Гьаб нуцIихъанги ун, хъалаялъувеги лъугьун, каваби рагьизе кIолев чи вугищ нужеда гьоркьов?» - ян.

Аскариял сихIкъотIун чIана. Амма цояс, Аллагьасе ﷻ гIоло, ракIбацIцIадаб ният гьабуна. Гьес байбихьана бухъизе, каратI гIатIид гьабуна ва жаниве лъугьана. Кавабахъе щвана, гьел рагьана, бусурбаби шагьаралде жанире лъугьана. Абизе бегьула гьеб хъала бахъанин рагъго гьабичIогоян.

Гьелдаса хадуб Маслама ибн ГIабдул-Маликица, аскарги бакIарун, абуна: «Виччанте дов жаниве кIанцIарав бахIарчи цеве вахъине, дие бокьун буго гьесие баркала загьир гьабизе ва халифасда лъазабизе. Амма къватIиве щивго вачIинчIо. Нахъисеб къоялъги гьес гьебго жо такрар гьабуна - нахъеги щивго къватIиве вахъинчIо. Лъабабилеб къоялъ гьес абуна: «Гьав чиясда лъазе биччанте дир чадир бугеб бакI, бокьараб мехалъ дихъе вачIине бегьула гьев», - ян.

Гьеб сордоялъ тIаде вачIана гьумер бахчарав чи. Гьес хъаравулзабазда бицана каву рагьарав чи жинда лъалин абун. Жаниве лъугьиндал, Масламаца гьикъана: «Гьев мунищ?» - абун.

 

 

 

 

 

 

Гьев чияс жаваб кьуна: «Дида лъала гьев чи. Амма гьесул лъабго шартI буго. ТIоцебесеб иргаялда, дуца гьесул цIар халифасе загьир гьабизе бегьуларо. КIиабизе, гьесие къваригIун гьечIо кинабгIаги шапакъат. Лъабабилеб, гьесие бокьун гьечIо дуда жиндирго гьумер бихьизе», - ян. Гьелдаса хадуб гьев чи нахъе ана ва тIокIав вихьичIо.

Маслама ибн ГIабдул-Маликица бицана: «Дида гIемерал рагъал рихьана, амма гьеб ишалъ дун хIикмалъизавуна. Гьев чиясе гIицIав Аллагьасул разилъи гуреб тIокIаб щибго бокьун букIинчIо», - ян. Гьес бицана гIумруялъул ахиралде щвезегIан гьадинаб дугIа гьабулаанин: «Я Аллагь, гьал каваби рагьарав чиясда цадахъ вахъинаве дунги, дие бокьун буго гьесда цадахъ алжаналда вукIине», - ян.

Гьеб харбидасан нилъеда бичIчIула бищунго аслияб жо ракIбацIцIалъи букIин. ЛъикIаб гIамал гьаби цо жо буго. ТIубанго батIияб жо ккола чIухIи, живго цогидаздаса лъикIавлъун рикIкIин. Гьеб буго квешаб хасият.

Бищунго гьитIинаб лъикIлъи гьабулеб мехалъцин ракIалде щвезаве гьев чи. Гьес кIудияб иш гьабуна ва вуцIцIун чIана. Гьесие бокьун букIинчIо жиндир хIакъалъулъ гIадамазда лъазе.

Цо-цо мехалъ гIамал бихьизабизе бегьула цогидазул ракIал рагьизе. Амма нилъедаги Аллагьасдаги гьоркьор рукIине ккола балъгоял гIамалал - Гьесда гурони лъиданиги лъаларел. ГIемерал гIадамал руго ракьалда лъалел, амма зобалазда лъаларел. Ва гьединго гIемерал гIадамал руго ракьалда лъаларел, амма зобалазда лъалел.

 

Муса МухIаммадов, имам

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...