Аслияб гьумералде

Гъоркье валагье

Гъоркье валагье

ТӀадегӀанав Аллагьас дунял бижана къануназда ва къагӀидабазда рекъон. Нилъеда сверухъ бугебщинаб жо низамалда букӀуна: заманал хисула, планетаби хьвадула, гьел системабазул цонигиял жидецаго чӀезарурал гӀорхъабаздаса къватIиреги кколаро.

 

Амма тӀабигӀаталда къанунал рукӀунел гӀадин, инсанасул гӀумруялъулъги руго гьелго къагӀидаби. Гьезда гьоркьоса бищунго кӀвар бугезул цояб ккола жавабчилъи. Гьаб дунялалда щивав чиясе кьун букӀуна цо хасаб къадар къуваталъул: черхалъул къуват букӀа, бетIерлъи букӀа, мал-мулк букӀа. Гьеб къуваталда цадахъго чара гьечӀого бачӀуна гьез гьеб хӀалтӀизабулеб куцалъул жавабчилъиги.

ТӀадегӀанав Аллагьас нилъеда сверухъ бихьулебщинаб жо бижана - тӀолабго дунял, кинабго махлукъат - ва гьеб мутӀигӀ гьабуна цо хасал къануназе. Нилъерго дунял босаниги, Ракьалъул бакъудаса бугеб манзил, моцӀ букӀин, планетабазул багъа-бачари - гьел киналго руго чӀезарурал къанунал. Нилъер Ракьалдаги кинабго низамалда гъоркь букӀуна: хасел хутӀула хаселлъун, рии хутӀула риилъун - гьеб низам хвезабуларо.

Амма цоги хисулареб къагӀидаги букӀуна – гьебги гӀадамазда гьоркьоб. Нилъер щивасул гӀумруялда жаниб ккана гьеб: адаб-хӀурмат гьабуни, гьеб нахъбуссун бачӀуна; лъикӀлъи гьабуни, лъикӀлъи нахъбуссун бачӀуна. Гьелъул гӀаксалда - квешлъиги тӀадбуссун бачӀуна. Гьеб ккола чӀезабураб низам, нилъер хасияталда ва ракӀалда бухьараб. Гьеб низамалдаги ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ щивав чиясда тӀад лъуна жавабчилъи, гьесул бугеб къуваталде балагьун.

ТӀоцебесеб къуват ккола черхалъул. ТӀадегӀанав Аллагьас инсанасе къуват, сахлъи, бажари кьун бугони, гьес гьелъул жаваб кьезе буго. Кин гьес гьеб къуват хӀалтӀизабулеб букӀараб? ЛъикӀлъиялъейищ, квешлъиялъейищ? Гьес гӀадамазе кумек гьабулеб букӀарабищ, гьезие тарбия кьолеб букӀарабищ, лъикӀлъиялде нух бихьизабулеб букӀарабищ? Яги гьес жидерго къуват хӀалтӀизабулеб букӀарабищ зулмуялъе, чӀухӀиялъе, зарал гьабиялъе? Къуват - гьеб гӀицӀго сайгъат гуро - гьеб ккола хӀалбихьи.

КӀиабилеб тайпа ккола тӀалъиялда ругел гӀадамал ва гьелги гӀицӀго хӀакимзаби гуро. Гьелда гъорлъе уна асар бугев бокьарав чи: нухмалъулел, хӀукму къотӀулел, церехъаби, хӀалтӀул гьитӀинабго бутӀаялъул жавабчилъи тӀаде босулелцин. ТӀалъиялъул бокьараб хъулухъ ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул аманат ва гьелдаго цадахъ хӀалбихьиги. Инсан ритӀухъавищ вугев яги гьев заралиявищ вугев? Лъилниги гӀайибалдалъун гӀадамазе зарал кколеб батани, лъицаялиго жидерго тӀадал ишал тӀуразе кӀвечӀого низам хвезабулеб батани - чӀванкъотӀун букӀине буго гьелдаса цIех-рех. Щайгурелъул жавабчилъиялъул щибаб рахъ ккола хиянат гьабизе бегьулареб аманат.

Лъабабилеб тайпаялда руго мал-мулкги гӀарацги кьурал гӀадамал. ГӀарац ккола гьаб дунялалда асар гьабиялъул бищунго къуватал тайпабазул цояб. Аллагьас ﷻ чиясе бечелъи кьуни, гьес хӀакъикъаталдаги гьикъила: дуе гьеб кин щвараб ва кин дуца гьеб харж гьабураб?

ГӀицӀго хIалалаб къагIидаялъ гӀарац гьаби гӀоларо. Цогидазда цебе тӀадаб жоги букӀуна – гьебги закагӀат ккола. Гьеб ккола тӀокӀаб жиндирго гьечӀеб жиндирго бечелъиялъул бутӀа, гьеб кьезе ккола хIажат ругезе. ТIадаб закагIат гуреб жеги буго садакъа-хайрат гIадабги, гьебги кIочене бегьуларо.

Инсанасда ракӀалде ккезе бегьула жиндирго боцIи-мал бикьичIого чIеялъ гьеб цӀунулеб бугин абун, амма хӀакъикъаталда, мухӀканго гьедин гьез жидеего зарал гьабулеб буго. ХӀакъикъияб зарал кьолеб жоялда гуреб, къарумлъиялда, цогидазе кумек гьабизе кӀочон теялда букIуна. Инсанасул бечелъи бугониги, гьес живго баракаталдаса махӀрум гьавизе бегьула, гьес гьеб лъикӀлъиялде харж гьабичӀони, Аллагьас кьураб бутӀа бикьичӀони.

Гьединлъидал бечелъи гӀицӀго нигӀмат гуро, гьеб буго кӀудияб жавабчилъи. Къиямасеб къоялъ инсанасда гьикъизе буго щибаб гӀиси-бикъинаб жоялда тӀасан: кин гьес гьеб харж гьабураб, лъие кумек гьабураб, сахаватлъи бихьизабурабищали.

Гьелдаго цадахъ буго кӀудияб гурхӀел-рахӀмуги: инсанас жиндирго буголъиялдалъун, кумек гьабураб мехалъ, бикьараб мехалъ, ТӀадегӀанав Аллагьас гьесие хӀисаб бигьа гьабула.

Гьебги гӀицӀго бечедазда хурхараб жо гуро. Нилъер щивасда кӀола лъикӀлъи гьабизе: гӀарцудалъун, заманалдалъун, хӀаракаталдалъун, рагӀудалъун, квербакъиялдалъун. Аслияб жо буго ургъел гьечӀого рукӀинчӀого рукӀин.

Нилъер гӀалимзабаз кидаго абулаан: нужедаса лъикӀаб гуреб, квешаб гӀумру гьабулезухъ балагье, нужелъ Аллагьасе ﷻ шукруги ва гIадамазе кумек гьабизе гъираги бижизе. Щайгурелъул инсан гьоркьоса къотӀичӀого тӀадехун валагьулев вугони, гьесда бикьизе кӀочон тола, гӀодове валагьулев вугони, гьес байбихьула къимат гьабизе ва кьезе.

КIвар бугеб жо ккола мал-мулк кодоб хутӀун, амма рекӀелъе лъугьунгутIи. Щайгурелъул рекӀелъе гьеб лъугьарабго, инсан гьелда варавлъун вукӀине лъугьуна ва жидерго хӀакъикъияб мурад кӀочон тола.

ТӀадегӀанав Аллагьас кумек гьабеги кьурал ресал цӀодораб куцалда хӀалтӀизаризе. Гьес кумек гьабеги нилъер къуваталъул, ахӀвал-хӀалалъул, мал-мулкалъул жавабчилъи тӀаде босизе.

 

ГIумар Абакаров, МахIачхъалаялъул площадалда бугеб мажгиталъул имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...