Аслияб гьумералде

ХIисаб гьабе

ХIисаб гьабе

Хириял диналъул вацал ва яцал, щивав бусурбанчиясул гьаб гIумруялда жаниб мурад буго ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъи. Ахирисеб лахIзат тIаде щун, рухI черхалдаса унеб мехалъ, киназего бокьула Аллагь ﷻ жидедаса разилъун гьаб дуниял тезе. Гьеб макъам щвезе ккани иман щула ва берцин гьабизе ккола битIараб рагIудалъун, ишаздалъун, цогидаздехун бугеб бербалагьиялдалъун.

 

Абу ГIумамаца бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьасе ﷻ гIололъун жиндие рокьулев, Аллагьасе гIоло ццим бахъунев, Аллагьасе гIоло бикьулев ва бегьулареб нахъе чIвалев чиясул иман камилаб буго», - ян. (абу Давуд)

Гьал сифатаз инсанасул иман камил гьабула: Аллагьасе ﷻ гIоло рокьи, Аллагьасе гIоло ццим бахъин, Аллагьасе гIоло сахаватлъи, Аллагьасе гIоло бегьулареб нахъе чIвай.

Аллагьасе ﷻ гIоло рокьиялъул мисал нилъеда бихьула Аллагьасул Аварагасулъ ﷺ. Жиндирго имгIал ХIамзат чIваялъул къварилъиялда хадуб, ВахIшидаги Гьиндидаги гьев ﷺ тIаса лъугьана, гьез ислам босун хадуб. Кутакаб къварилъи букIаниги, ХIамзатил черх мушрикуназ вахIшияб хIалалъ инжит гьабуниги, Аварагас ﷺ кIудияб сабруги гурхIелги бихьизабуна, Аллагь разилъиялъе гIоло гьезда тIасаги лъугьун. Гьеб буго унго-унгояб Аллагьасе ﷻ гIоло бугеб рокьи.

Аллагьасе ﷻ гIоло ццин бахъиналъул мисалги нилъеда бихьула ХатIабил ГIумарида аскIоб. Мажгиталде тIаде лъим бачIунеб рогIоро бихьарабго, ццин бахъун, гьеб нахъе бахъизе буюрухъ кьуна ГIумарица. Амма живго Аварагас ﷺ изну кьун букIин лъараб мехалъ, гьебсагIатго живго гIодовегIан гьавун, тIаса лъугьаян гьарана, хIатта ГIаббасие кумек гьабуна рогIоро нахъе лъезе, живгоги гIодове къулун, ГIаббасги мугъзада вахинавун гьеб къачIазе рес букIине. Гьелъ бихьизабулеб буго Аллагьасе ﷻ гIоло ццим бахъин чIухIи яги хъитIи гуреб, диналъул ургъел гьаби ва хIакъикъат баянлъарабго гьелъие мукIурлъи.

Аллагьасда ﷻ цере нилъ чIеялъе кIудияб асар гьабулеб жо ккола калам. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Чияс цо рагIи абизе бегьула, гьелъие кIвар кьечIого, ва гьеб сабаблъун гьев жужахIалдеги ккола. Яги гьес цо рагIи абизе бегьула, гьелъие кIвар кьечIого, Аллагьас ﷻ гьеб сабаблъун алжаналде лъугьинавула» (Бухари,Муслим). ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абуна (магIна): «Гьезул гIемерисел балъгоял гара-чIвариязулъ лъикIлъи букIунаро, садакъаялдалъун яги лъикIаб гIамалалдалъун, яги гIадамазда гьоркьоб рекъел гьабурав чиясул гурони. Аллагь ﷻ разилъи тIалаб гьабун гьеб гьабурав чиясе нижеца кIудияб кири кьола» (Сура «Ан-Нисаъ», аят 114) Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «Аллагьасда ва къиямасеб къоялда божарав чияс лъикIаб калам бице яги вуцIцIун чIа», - ян. (Бухари, Муслим) Гьелъул магIна ккола бицунеб каламалъулъ пайда букIине ккей, пайда гьечIони, сихI къотIун чIани лъикIаб букIинги.

Нилъеца гIемер заман гIадада хвезабула къваригIунареб бицун. Гьелъие чанго гIиллаги буго: эркенаб заман цIакъго гIемер букIин, цогидазул бицун живго кIочей, яги жиндирго рухIияб рахъалъул цебетIеялда тIад хIалтIи гьабунгутIи. Аварагас ﷺ абуна: «КIудияб рохел буго жиндирго гIайибаз чияр гIайибаздаса машгъул гьавурав чиясе», - ян. ХатIабил ГIумарица абуна: «Нужеца нужерго хIисаб гьабе нужеда тIад хIисаб гьабилелде», - ян. Щибаб къаси дурго хал гьабизе лъикIаб буго: квешаб жо абунищ, гIадамаздасан гъибат-бугьтан гьабунищ, къваригIел гьечIеб бицанищ? Гьеб гIадат цIуниялъ кумек гьабула калам бацIцIад гьабизе. ГIукъбат ибн ГIамирица Аварагасда ﷺ гьикъана: «Хвасарлъи сундулъ бугеб?» Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «КъваригIел гьечIеб бициналдаса мацI ккве, дурго рукъалда гIей гьабе, дурго мунагьаздалъун гIоде», - ян.

Хириял диналъул вацал ва яцал, нилъеда бихьулеб буго иманалъул камиллъи цохIо каказда ва кIалазда гуребги, Аллагьасе гIоло нилъер цоцадехун бугеб рекIел хIалалдаги, нилъер каламалдаги, тIаса лъугьине ва нилъедаго тIад кверщел гьабизе бугеб бажариялдаги букIин. Аллагьасе гIоло рокьи ва ццин бахъин, бицунелда тIад кверщел гьабизе кIвей, гьабулел ишазул хIисаб гьабизе бажари - гьеб киналъго нилъер иман щула гьабула ва камил гьабула. Нилъер щивас щибаб къойил жиндирго хал гьабизе, гъалатIал ритIизаризе, ТIадегIанав Аллагь ﷻ рази гьавизе хIаракат бахъизе ккола.

Гьарула Аллагьасда ﷻ нилъер иман щула гьабеян, нилъер ракIал рацIцIад гьареян. Амин.

 

АрслангIали Аскеров, Муфтияталъул хIалтIухъан

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...