Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ рокьулел чагIи

Аллагьасе ﷻ рокьулел чагIи

Аллагьасе ﷻ рокьулел чагIи

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналдаги хирияв аварагасул ﷺ хIадисаздаги гIемер рехсон руго Аллагьасе ﷻ рокьулел гIадамазул хIакъалъулъ. Аллагьасукьаги ﷻ хIинкъарав, гIибадат гьабиялдаги тIадчIарав, лъикIал гIамалалги гьарулев лагъ ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ вокьула.

 

Аллагьасе ﷻ рокьула лъикIлъи гьабулел гIадамал. Чияс гIадамаздехун гьабулеб лъикIлъиялъул бищун дагьаб къадарги ккола гьими. Исламалъ нилъ ахIула кIалалъ бугониги, квералъ бугони гIадамазе кумек гьабиялде. Бищун лъикIалги ккола гIадамазе бищун пайдаял.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасе ﷻ лъикIлъи гьабулел гIадамал рокьула ва гьел Жинде гIагар гьарула, Жинца тIаса рищараздасанги гьарула», - ян. («Ал-Бакъарат», аят 195)

Нилъер гIумрудулъ щибниги жо гьечIо ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жиндилъ лъикIлъи гьабеян абун гурони. Хирияв аварагасги ﷺ абун буго: «Нужеца кинабниги жоялъулъ лъикIлъи хIалтIизабе, хIайван хъолелъулъги гьеб берцинго хъвей», - ян. Гьелдаго цадахъ аварагас ﷺ нилъ гьесизарулел руго лъималазда берцинго дин малъиялде. Аварагас ﷺ абун буго: «Нуж рукIа нужерго лъималазда берцинго малъулеллъун ва нуж рукIунге гьездехун хъачIаллъун», - илан.

Жиндие гьел рокьулин абун Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсарал гIадамазул хадусеб тайпа ккола тавбу гьабулел (магIна): «ХIакълъунго ТIадегIанав Аллагь ﷻ мунагьаздаса тавбу гьабулел ва чорокаб жоялдаса рикIкIад чIолел муъминзаби рокьулев вуго», - ян. («Ал-Бакъарат», аят 222)

 

 

 

 

Гьединго аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Адамил лъимал хатIаъ кколеллъун руго ва гьезул бищун лъикIалги хатIаъ ккедал тавбу гьабулел руго», - ян.

Лагъас тавбу гьабидал ТIадегIанав Аллагь ﷻ вохулеб куцалъул хIакъалъулъ хирияв аварагас ﷺ хIадисалдаги бицана.

Хадусеб тайпа буго рацIцIадал ва рацIцIалъи жидеца гьабулел. Гьебгиха, къватIисан рацIцIалъи цIунулебго гIадин, рекIелъ ругел хIасад, ракI хъублъи, жахIда, бахиллъи ва гьелда релълъарал квешал тIабигIатаздаса цIуни гьабулел.

Аллагьасе ﷻ рокьула Гьесде ﷻ таваккал тIамулел гIадамал. Щиб къварилъи, балагь тIаде бачIаниги Аллагьасдасан ﷻ гьеб бихьун, Гьесде таваккал гьабун, гьелдаса цIуни гьарулел гIадамал. Къуръаналда буго (магIна): «Аллагь ﷻ гIей гьабулев вуго Жинде таваккал тIамурав чиясе», - ян. (Сура «Ат-ТIалакъ», аят 3).

Цоги Аллагьасе ﷻ рокьулездасан ккола ритIухъал гIадамал. РитIухълъиялъул бицунаго щивав чиясул пикрабазулъе рачIуна хIакимзаби, тIадегIанаб хъулухъалда ругел гIадамал. Амма щивав чияс тIоцебе хIисаб жиндирго гьабизе ккола. Ругищ нилъ ритIухъаллъун мадугьалзабаздехун, хъизан-агьлуялдехун, эбел-инсудехун, гIага-божараздехун? Имамас насихIат гьабулагоги квешал жалазулъ щивав чиясда живго хутIун хутIарал рачIуна ракIалде. Гьебги буго нилъер иманалъул загIиплъи. Къуръаналда буго (магIна): «ХIакълъунго Аллагьасе ﷻ ритIухъал, шаргIияб гIадлу цIунулел гIадамал рокьула», - ян. (Суратул «ХIужурат», аят 9)

Хадусеб тайпа ккола Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарал гIадамал. Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи абураб жоялъул магIнаги ккола, кив вугониги Аллагьасда ﷻ вихьулев вугеб хIалалъ вукIа-вахъин гьаби. ЦохIо мажгиталъуб Аллагьасукьа ﷻ хIинкъун тIубаларо. Бусурбанчи кидаго вукIине ккола мисалиявлъун.

 

Шамил МухIаммадов, Нечаевка росдал имам

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...