Аслияб гьумералде

Дуеги гьелда релълъараб

Дуеги гьелда релълъараб

Дуеги гьелда релълъараб

Абу Дардаидаса бицараб хIадисалда буго: «Муъминчияс цогидасе гьабулеб дугIа жаваб щвараб буго. Гьесул бетIералда аскIов вукIуна малаик, Аллагьас ﷻ жив вакил гьавурав, диналъул вацасе дугIа гьабун хадуб малаикас абула: «Амин, къабул гьабеги дуца гьарараб дугIа, дуеги гьелда релълъараб буго», - абун.

 

Цоги хIадисалда буго: «Бусурбабазул цоцазул ругел хIакъаздасан ккола аманат тIубай», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Дуе божилъи кьураб мехалъ дуца гьеб тIубай, дуе хиянат гьабуниги дуца хиянат гьабуге, дуе рекIкI гьабуниги дуца рекIкI гьабуге, дуе цо жо божилъиялда кьун бугони дуца гьеб аманат цIуне», - ян.

ГIабдуллагь бин ГIумаридаса бицараб хIадисалда буго: «Гьаб хадуб рехсараб ункъо пиша жиндилъ бугев чи дунялалъул кинабниги лъикIлъи щваравлъун вуго. Гьевги ккола бицунеб хабар битIарав, божилъи гьабураб жо цIунулев, тIабигIат берцинав ва кваналеб квен хIалалаб».

Гьеб ункъабго нилъее кьун батани, шукру гьабизе ккела. Гьазда гъорлъа камураб батани, гьеб щвезе хIаракат бахъизе ккела. Гьеб нилъедаса диналъ тIалаб гьабулеб жо буго.

Гьал пишаби хIасуллъизе ккани кваналеб, ретIунеб хIалалалдаса букIине ккола. Гъуялде жанибе хIабургъараб лъим тIуни, жаниса къватIибе бачIунебги хIабургъараб букIуна. Гьединго чияс кваналеб жо бугони хIалалаб гуреб, гьес гьабулеб гIамалалги букIуна «хIабургъараб».

Жеги хIадисалда буго: «Муъминчи вуго жиндир ракIги гъолев, жиндехун ракIги гъолев чи. Жиндехун ракIги цIаларев, ракIги гъезабуларев чиясулъ лъикIлъи гьечIо. ГIадамазул бищун лъикIав - гIадамазе бищун цIикIкIун жиндаса мунпагIат бугев чи вуго».

Цоги хIадисалда буго: «Цо жаназа босун унеб бихьараб мехалъ Аварагас ﷺ абуна: "Гьав чи вуго ялъуни жиндаса рахIат босарав ялъуни жиндица рахIат босулев чи". Гьеб кин букIунебилан цIехедал, Аварагас ﷺ абуна: "Муъминав лагъ къокъуна дунялалъул захIмалъабаздаса, къварилъабаздаса Аллагьасул ﷻ рахIматалде. Цинги гьев дуналалъул захIмалъиялдаса рахIат босун уна Аллагьасул ﷻ рахIматалде. Къосарав лагъ хун тIаса индал гьесдаса рахIат босула лагъзадерицаги, гьес жаниб гIумру тIамулеб шагьаралъги, сверухъ ругел гъутIбузги, хIутI-хъумуралъги. Аллагьасе гIассилъулев чи иналдалъун, хвеялдалъун гьесда сверухъ бугебщинаб жоялъ рахIат босула"», - ян.

 

 

 

 

 

 

Дунял буго нилъеца гьаниб бекьараб жо ахираталда лъилъулеб. Дунялалъул рокъоб бусурбабазул хIакъалги цIунун Аллагь ﷻ разилъулеб лъикIаб гIамалалдалъун хьвадани, ахираталда гьесие щола рахIматалъул рукъ.

Амма жиндирго нафсалъе бокьухъе, диналъул амрабиги рехун тун, Аллагьасул шаргIги кквечIого, гьебги цIуничIого хьвадани, ахираталда гIакъуба щвела.

ХIадисалда буго: «ГIадамалгун жува-гъуван вукIунев, гьезул заралалда сабруги гьабулев муъминчи лъикIав вуго гIадамазулъ жува-гъуван вукIунаресдаса, гьезда сабруги гьабуларесдаса», - ян. ГIадамазул къварилъиги баччун, хIалги рекъезабун, букIине кколеб хIалалда амру-нагьюги гьабун вукIин Аллагьасда ﷻ аскIоб даража цIикIкIараб бугилан абулеб буго Аварагас ﷺ.

Аварагас ﷺ абуна: «Цоцазул хIакъал цIунулаго нужеца цоцазул боцIиги цIуне. Бусурманчи бусурманчиясе хIарамав вуго, гьединго хIарамаб буго гьесул боцIиги, къадру-къиматги, биги. Цогидав чи жинда хIакъиравлъун вихьи инсанасе гIела кIудияб мунагьлъун», - илан.

Халгьабе, дуналалъул рокъоб кколебщинаб питна ккола чиясда цогидав хIакъиравлъун вихьиялдалъун, гъов чи гIодовегIан гьавиялдалъун. Жиндасаго лъикIавлъун вихьулев вугони, хIурматги бугони, дандиясул кIалъалеб къагIидаги гьабулеб-толебги батIияб букIуна.

 

ГIумархIажи, Хьаргаби росдал имам

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Алжаналда рукIунел хIурулгIинзаби

Руччабазул гӀемер гьикъулеб суал буго Алжаналда рукIунел хIурулгIинзабазул хӀа-къалъулъ. ГӀемерисезе бокьуларо росас цоги лъади ячине, ахираталда гьесие щвезе рес бугей хIурулгIин гьей ятанигицин. Кинниги Аллагь гIадилав вуго.   РитӀухъаб гӀумру гьабурал, БетIергьан разияб хIалалъ хьвадарал...


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...