Аслияб гьумералде

Баркала сахаватал гIолохъабазе

Баркала сахаватал гIолохъабазе

Дун вуго 2012 соналдаса нахъе коляскабазда рекIун баскетбол хIаялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялда хIалев чи. ГIумру гьабун вуго ЦIияб ЧIикIаб росулъ. 2015 соналъ хъизанги гьабуна. Росу рагIалда бана мина-рукъги.

 

Бокьун буго баркала загьир гьабизе гьеб баялъулъ гIахьаллъи гьабун дие кумек гьабурал волонтеразе ва гьезул бетIерлъиялда вугев росдал имам Шамил ГIисахIажиевасе. Росулъ кинаб хIажалъи кканиги кидаго хIадурго рукIуна гьел кумек гьабизе. ИчIабилеб волонтеразул къукъаялъ, «Инсан» фондалъул квербакъиялдалъун, дир рокъобе бачана ток, лъуна стабилизатор, рокъоб гьарулел цогидалги хIалтIабазе квербакъана.

Гьединго баркала буго Гъизилюрт районалъул ЭГСалъул начальник МухIаммадов МухIаммадие. Гьесул кумекалдалъун дир рукъалде цебе щвезегIан бачана газ. Гьелдаго цадахъ гьаруна цогидал хIалтIабиги.

 

 

 

МухIаммад МухIаммадов

 

 

 

Гьарула гьезие талихI рохел. ГIадамазе кумек гьабулеб гIадин, ТIадегIанас гьезиеги гьабеги киналниги ишазулъ.

 

МухIаммад ГIумаров, ЦIияб ЧIикIаб росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...