Аслияб гьумералде

Жагъаллъи ккезе гурин

Жагъаллъи ккезе гурин

Жагъаллъи ккезе гурин

Рукъ бакIа-бахарун, бацIцIун лъугIидал, дагьаб мехалда жаниб цIидасан хIур чIван батула. Гьединаб ишкал нужерги букIунеб батани, гьале цо-кIиго малъа-хъваял:

 

  1. ХIур цIикIкIун заманаялъ рокъоб бугеб къайиялда тIад чIечIого букIине бокьани, чурадилаго тIолеб кондиционер жубазе бегьула лъеда гъорлъе.
  2. Жеги бегьула цIорораб лъел стаканалде гъорлъе 50-75 мл уксусалъул тIезе. Гьенибего жубала 2 гьитIинаб гъуд зайтуналъул нах, ва бокьараб эфирияб нахалъул 2-3 къатIра. Гьеб раствор мебелалде пунхъила. ХIур бегунгутIи гуреб, жеги квешал махIал тIагIинариялъеги кумек гьабила гьеб къагIидаялъ.
  3. Бищунго лъикI хIур бацIине квербакъула микрофибраялъул тряпкаялъ. Биччизабун бацIцIаниги, бакъванго бацIцIаниги.
  4. 1 литр хинаб лъелъе жубала 10 мл гIадатияб спирталъул. Гьеб лъедалъун биччизабураб ххамидалъун хIур бацIцIина ва тIасан тамахаб салфеткаялъ цIидасан бацIцIина.

РацIцIалъи – иманалъул бащалъи буго. ХIур сабаблъун сахлъиялъе жагъаллъи ккезе рес буго, аллергия байбихьизе бегьула. РацIцIалъи цIуниялдалъун Аварагас ﷺ гьабураб амруялда нахъ рилълъун, ва хъизан-лъималазул сахлъи цIуниялъеян абун, рукъзал рацIцIунаго ният гьабуни, гIорхъи гьечIеб кири щвела, ин шаа Ллагь.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...