Аслияб гьумералде

ГIумру халат гьабула

ГIумру халат гьабула

Бичасул аварагасул ﷺ кинабниги хIалтIи хурхараб букIана гIадамазул тIабигIатал лъикI-лъизариялда. Щайгурелъул, инсан жиндир тIабигIаталдалъун цIарав вугелъул квешал рахъазде.

 

Гьедин, ай тарбиялде цIачIого хутIанагIан гьесул тIабигIат лъугьуна гIалхулаблъун, гурхIел-рахIму гьечIеблъун, жиндаса загIипав гьалаг гьавизе гIищкъу цIикIкIаравлъун.

Хирияв МухIаммад авараг ﷺ БетIергьанас халкъалъухъе витIана гьезул тIабигIатал лъикIаб рахъалде гьетIизаризе, цоцада гурхIиялде ахIизе, ракьалда рекъел-маслигIат, цоцада гьоркьоб гьуинлъи ва рокьа-хинлъи цIуниялде халкъ бачине.

Бичасул аварагас ﷺ гьелъул хIакъалъулъ абуна: «Дун витIун вуго Аллагьас халкъалъул лъикIал тIабигIатал камил гьаризе», - ян.

ГIелмиял цIех-рехазул хIасилаздалъун Лос-Анжелесалъул UCLA абураб университеталъул гIелмиял хIалтIухъабаз чIезабуна лъикIаб тIабигIаб букIиналъ инсанасул гIумру халат гьабулеблъи. ЛъикIаб тIабигIат бараб буго инсанасул пикруялда, гьесул хьвада-чIвадиялда. ПалхIасил, гIалимзабаз гьабураб хIалтIиги данде босун балагьидал, бихьана лъикIаб тIабигIаталъ инсанасул гIумру халатаблъун ва парахатаблъун лъугьинабулеблъи.

 

ГIали МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...