Аслияб гьумералде

Тушбабаздехунги букIана гIафву

Тушбабаздехунги букIана гIафву

Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги босугейин, гьездехун гурхIел, хIалимлъи гьабейин. Аварагасе ﷺ сипат гьабиялъулъ ГIабдуллагь ибну ГIамру ибну ГIасица абуна: «Аварагас ﷻ, тIаса лъугьун тун гурого, квешлъи квешлъиялдалъун нахъчIваларо», - ан.

 

Аварагасул ﷺ гьединаб гIафву тушбабаздехунги букIана. УхIудалъул гъазават бугеб мехалда гьесул ﷺ гIусги бекун, гьурмада ругъунги лъун би чвахулелъул, Авараг ﷺ гьезие: «Я дир Аллагь ﷻ, Дуца дир къавм тIаса лъугьун те, гьел щиб гьабулеб бугебали жидеда лъаларел руго», - ян лъикIаб дугIа гьабизе лъугьана. Гьесул ﷺ хIилмуялдасан буго, гьес жив чIвазе чахъдал гьанада загьруги бахун ячIарай ягьудияй тIаса лъугьун нахъе йиччай, жиндие зарал гьабурал, хIатта ватIан тун жидее гIоло жив Мадинаялде гочине ккарал Маккаялъул къурайщиял, Макка бахъун хадуб тIаса лъугьун тей.

 Гьев ﷺ ккола Аллагьасул ﷻ рахъалдасан кинабго жоялъе рахIматлъун витIарав. Гьелъие хIужаги ккола Аллагьас ﷻ Къуръаналда абураб (магIна): «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кIудияб цIоб лъуна муъминзабазда жидедаго гьоркьоса Авараг витIиялдалъун, Гьесул ﷻ аяталги жидее цIалулев, купру-нипакъалдаса жалги рацIцIад гьарулев, жидеда Къуръан-хIадисги малъулев, гьелдаса цере жал къосеналда рукIаниги», - ян (сура «Алу-ГIимран», 164 аят). Авараг ﷺ вукIана жиндие квешлъи гьабурасдаса, Аллагьасул ﷻ тIабигIатаздасан жиб кколеб тIаса лъугьун тей тIабигIатлъунги ккун, кутакалда гIадамазда гурхIулев, гьезда тIаса лъугьун тей бокьулев.

Цо нухалъ Аварагасухъе ﷺ месед-гIарацалъул курхьен бачIана ва гьес гьеб асхIабзабазда гьоркьоб бикьана. Агьлу-Бадияталдасан цояс абуна: «Ва МухIаммад ﷺ, дуда Аллагьас ﷻ амру гьабуна ращалъи гьабиялдалъун, дида мун ращалъи гьабулевлъун вихьулев гьечIо», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Гьай, дуда Аллагь ﷻ гурхIаяв, дицаги гьабичIони лъица дуе ращалъи гьабилеб?!», - ян. ТIаде вахъун гьев индал, Аварагас ﷺ абуна: «Нужеца гьев гурхIелалдалъун дихъе нахъвуссинаве», - ян.

Аварагасул ﷺ хIалбихьизелъун цо нухалъ къурайшиял гьесухъеги ﷺ рачIун абуна: «Дуца дурго БетIергьанасда гьаб Сафаялъул гохI меседлъун лъугьинабеян гьаре, хадуб нижеца ислам къабул гьабила», - ян. Аварагас ﷺ гьезда цIехана: «Нужеца гьеб гьабизе бугищ?» - абун. Гьез жидерго хIилла-макруги балъго гьабун абуна гьабилин. Авараг ﷺ дугIаялдалъун Аллагьасде ﷻ вуссана, ЖабрагIил малаикги вачIун, гьес абуна: «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ салам буго дуде ва абулебги буго: «Дуе бокьани Сафа гьезие меседлъунги лъугьина, амма гьелдаса хадуб иман лъечIел чагIазда Дица ﷻ жеги бихьичIебгIадаб балагь рещтIинабизе буго. Дуе бокьани рахIмат ва тавбуялъул нуцIбиги рагьила», - ян. Аллагьасул расулас ﷺ жиндир халкъалда гурхIиялъ абуна: «Тавбу ва цIоб лъеялъул нуцIби рагье», - ян.

Бухарияс бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ киданиги жиндирго напсалъе гIоло лъидасаниги рецIел босичIин. Гьес ﷺ абулаан: «Дунялалдаги ахираталдаги бищун лъикIаб хасиятлъун ккола рецIел босизе ресги букIаго дуе квешлъи гьабурав тIаса лъугьун тей», - абун.

 

АхIмад Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...