Аслияб гьумералде

Хъабахъ – пайдабазул хан

Хъабахъ – пайдабазул хан

Хъабахъ ккола пайда цIикIкIараб нигIмат. Гьеб буго нилъер аварагасеги ﷺ  кутакалда бокьулеб букIараб. Гьанги хъабахъги бачIани, тIоцебе хъабхъиде квер бегьулаан гьес ﷺ .

Гьеб буго Къуръаналда рехсарал нигIматазул цоябги. КIикъого къоялъ Юнус авараг ччугIил чохьонивги вукIун, ралъдал рагIалде рехидал, Аллагьасул ﷻ хIукмуялдалъун гьениб бижун буго хъабахъ. Юнус аварагас гьеб чорхол къуват цIикIкIине кванана, гьелъул тIанхалги черхалда тIадчIван, даруялъе хIалтIизаруна.

Пайдаял хасиятал

Гьеб ккола витаминазул цIураб гъамас. Бечедаб буго каротиналдалъун, С, В1, В2, В5, Вб, Е, РР витаминаздалъун, къанагIат гурони жиб букIунареб Т витаминалдалъунги. Хъабхъица кумек гьабула квен бихIинабиялъеги. Диетологаз гьеб кваназе бихьизабула хIалакълъизе бокьарал чагIазе. Гьелъулъ буго лъималазул рижиналъе ва лага бачIинабиялъе хIажатаб D витаминги.

«Провитамин А» гьелъулъ ламадуралдасаги щуго нухалъ цIикIкIун буго ва гьединлъидал гьелъ канлъукълъи инабиялъеги мадар гьабула. Ругъун сах гьабизе кумек гьабула ва кванирукъалда язва гIадал унтаби ругезе пайдаяб буго. 

Железо ккола бидурихьазе кIудияб асар гьабулеб гIуцIи. Железоялъ чорхолъ лъикIал веществабазул цокIаллъи чIезабула, квен биунагоги лъугьунел хиса-басиял рекъезарула. Хъабхъилъ железоги цIикIкIараб къадаралда буго. РекIел хIалтIиги лъикIлъизабула, жинда гъорлъ калий букIиналъ.

ГIемер хIалтIизабуни, туберкулёз, атеросклероз, диабет, подагра ва ццидал къвачIаялда лъугьарал ганчIал гIадал унтабазе мадар гьабула.

Гьединго хъабахъ ккола кIущудизаризе квербакъулеблъунги. Тохтурзабаз гьеб кванайилан абула ургьисалабазул яги ракIел хIалтIул гIадлу хведал, лъимер гьабизе ругел руччабазул хIатIал гьоройдал. Беццараб буго захIматаб, бакIаб хIалтIи гьабулезги кваназе.

Бидул тIадецуй букIунезеги кваназе лъикIаб буго. Хъабхъилъ букIунеб клетчаткаялъ ва пектиналъ бацIцIад гьабулеб буго ургьимес.

Витаминаздалъун ва минералаздалъун бечедаб гIатIгояб хъабхъил сокалъ чорхолъа къватIире инарула химиялдаса лъугьарал заралиял чороклъаби. Радал гьелъул 200 мл гьекъани, иммунитет щула гьабулинги абула.

 

Хъабхъигага (пурчIун)

ГIалимзабаз чIезабуна хъабхъил пурчIуналъулъ магний, фосфор, железо ва цинк букIин. Гьединго гьеб бечедаб буго А ва Е витаминаздалъун. Чохьониса хIапара къватIибе бачIинабиялъеги гьелдаса пайда босула. Цинкалъул къадар гIемер букIиналъ, гьелъ пайда гьабула черхалде ралел тIадерахъиял инаризе, кумек гьабула рас хIули чIезабизе. ТIул унтидал гьелъие дарулъунги бихьизабула хъабхъил пурчIун. Макьил низамги гьелъ рукIалиде ккезабула.

Гьединго гIалимзабаз абулеб буго хъабхъигагаялъ кумек гьабулин рекIел, бидурихьазул унтаби сах гьариялъе, биччаларин простатит ккезе ва бихьинлъиялъул нухда рак унти ккезе гьукъулин абун.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...