Аслияб гьумералде

Школалда дандчIвай

Школалда дандчIвай

Школалда дандчIвай

Гьал къоязда МахIачхъала шагьаралъул № 59 школалъул анлъабилеб классалъул цIалдохъабазулгун дандчIвай гьабизе вачIун вукIана магIарул мацIалда биччалеб «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадов ва жавабияв секретарь МухIаммадгIариф Къурбанов.

Гьез лъай-хъвай гьабуна классалъулгун ва щивас бицана жиндирго цIар, районгун росу. «Ас-салам» казияталъул бицунаго, киназго абуна жидеда гьеб лъалин. Цояз абуна кIудица цIалулеб бихьанин, цогияз бицана кIодоца ва эбел-инсуца цIалулин абун. ХIатта ратана жидецаго гьеб цIалулелги. Ниж араб дарс букIана магIарул мацIалъул. Гьезул мугIалим Марият Хасаевналъ бицана жидер школа рагьун щугониги сон бугин, гьеб рагьаралдаса магIарул мацIалъул мугIалимлъун хIалтIулейги йигин абун.

Лъималазулгун гIемераб накъитги ккана. Рорхана батIи-батIиял суалал. МашаАллагь, лъималазда лъалеб бугоан Дагъистаналда ругел киналго районазул цIаралги. Гьединго лъалел ругоан магIарулазул машгьурал шагIирзабиклассикалги. Абизе бегьула ирга щвечIеб суал хутIун батиларин гьаб данчIваялда борхичIеб.

Лъималаз хасго гъираялда жавабал кьуна диналда тIасан кьурал суалазеги. ЦIакъ берцинаб гьуинлъиялда ва рохалида ана дандчIвай. «Ас-саламалъул» редакторас къотIи гьабуна редакциялдаги гьел къабул гьаризе ва казияталъе гьабулеб хIадурлъи бихьизабизе.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...