Паризаялде гIагараб

Сардил заман буго киналго чагIи хIалхьи гьабиялде руссараб, гьабулеб гIибадат-гIамалги къотIизе тараб мех. Къад заманалъ магIишаталда рукIун, сардилъ гIибадат гьабизе ккедал чиясе гIезегIан захIмалъула. Амма киналго гъапулаб гьеб гIужалда гIамал гьаби кIудияб кири хIасуллъулеб ва Аллагьасул разилъи щвеялде лагъ вачунеб заман буго.
Сардилъ вахъун гIибадат гьаби буго аварагасги ﷺ кутакалда кIвар кьураб суннат. Мугъират ибну ШугIбатица бицун буго: «ГIибадаталъе авараг ﷺ сардилъ тIаде вахъунаан, цо-цо нухалъ хIатIал гьоронцин рукIунаан гьесул ﷺ . Аллагьас ﷻ дур ﷺ цере аралги хадур рачIине ругелги мунагьал чурараллъун гурищ ругелин абидал, гьес ﷺ абуна: «Дун шукру гьабулев лагълъун вукIинарищ», - абун (Бухари). Авараг ﷺ шукру бугев, гIибадат-гIамалалда тIадчIей гьабулевлъун вугеб мехалъ, гьесул ﷺ умматлъун рижарал нилъееги бажарараб къагIидалда суннат цIуни – Аллагь ﷻ разилъи буго. Тавпикъ кьеги БетIергьанас ﷻ .
Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Дур БетIергьан ﷻ вуго мун сардил лъабил бутIаялъул кIиго бутIаялда, гьелдаса цIикIкIун ва дагьги тIаде вахъунеблъи Жинда ﷻ лъалевлъун. Мунгун ругел асхIабзабазул цо-цоялги руго гьедин тIаде рахъунел… Аллагь ﷻ разилъи тIалаб гьабун нужеца гьабураб гIамал Гьесда ﷻ аскIоб нужеда батизе буго цIакъ кIудияб ажрулъун. Нужеца Гьесдаса ﷻ мунагьал чури тIалаб гьабе! Гьев ﷻ вуго Жинца ﷻ мунагьал рахчулев ва Жив ﷻ гурхIулев», - ин (суратул «Музамил», 20 аят).
Гьеб заман буго Аллагьас ﷻ дугIа къабул гьабулеб, рогьел баккизегIан Жинда ﷻ гьарулев чи гьечIищ Дица ﷻ жаваб гьабизеян малаикзабазда цIехон, БетIергьан ﷻ нилъер пикрабазда вукIунеб гIуж. Аварагас ﷺ абун буго нужеца тIадчIей гьабейин сардилъ тIаде рахъиналда, гьеб бугин нужеда цере рукIаразулги гIадат, Аллагьасде ﷻ гIагарлъи, мунагьал чури, черхалдаса унтаби рачахъи, дугIаялъе жаваб щвей, мунагьазде ккеялдаса цIуниян (Тирмизи, АхIмад). Кьижизе рахунелъул ният бугони сардилъ рахъун кIиго ракагIатгIаги суннатаб какил базе абун, гьелъие БетIергьанас ﷻ кумек гьабула. ТIаде рахъун как базе ва цогидаб гIамал гьабизе бажаричIони, макьидаса ригьинчIого рукIунарелъул, хирияб буго цогIаги нухалъ Аллагь ﷻ рехсезе, тасбихI бачине, аварагасде ﷺ салават битIизе, иншаАллагь, БетIергьанас ﷻ гьеб гIибадаталъул бакIалда хъвала.
ХIадисалда буго: «Кьижизе вахунелъул, сардилъ тIаде вахъун Аллагьасе гIибадат гьабизе абун нияталда вегарав, амма макьу бергьун вахъине кIвечIев чиясе ният халгьабун кири хъвала», - ян (Абу-Давуд).
Макьидаса ригьиндал абизе бихьизабун буго: «Ла илагьа илла Ллагьу вахIдагьу ла шарика лагьу лагьул мулку ва лагьул хIамду, юхIйи ва юмиту, биядигьил хайру ва гьува гIала кулли шайъин къадир. СубхIана ЛЛагьи вал хIамду лиЛлагьи ва ла хIавла ва ла къуввата илла биЛлагь», - абун.
Аварагас бицун буго гьеб тасбихIги цIалун, «Я, Аллагь! Дир мунагьал чуре», - ян ялъуни цоги дугIаялдалъун гьарарав чи вугони, БетIергьанас гьелъие жаваб гьабилин, тIаде вахъун как бани, гьебги къабуллъилин абун (Бухари, Тирмизи). Цо нухалъ аварагас Абу-Зарида абун буго: «Сапаралде вахъинегIан цебе дуца кинаб бугониги хIадурлъи гьабулищ?» - абун
«Гьабула, дир эбел-эмен дуе къурбанлъаяв», - ан гьес абидал, аварагас абула: «Гьедин батани дуца багIарараб къоялъ кIал ккве, тIаде рахъинарулеб Къиямасеб къоялъе гIоло. БецIаб сардилъ вахъун кIиго ракагIат какилги бай, ракIгъеялъе живго гьечIеб хабал къварилъиялъе…», - ян (ибну Абу-Дуня).
Сардилъ рахъун балеб кIиго ракагIат какил аварагас ﷺ лъикIаблъун ва пайдаяблъун бихьизабун буго дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщиналдасаги. Абунги буго: «Дир умматалъе захIмалъи гьабизе гуребани дица гьезда тIадаблъун гьабилаан гьеб как баялдалъун», - ин (Адам ибну Абу-Ияс).
Имам Гъазалияс «ИхIъяалда» рехсолеб буго: «Аварагасул ﷺ заманалда вукIана цояв, гIадамал кьижизе рахараб мехалъ, тIадеги вахъун, какги бан, Къуръанги цIалун, «Я, цIаялъул БетIергьан ! Дуца дун гьелдаса тархъан гьаве», - абун гьарулев. Гьесул хIакъалъулъ Аллагьасул расуласе ﷺ бициндал, аварагас ﷺ абун буго: «Хадусеб нухалъ гьев сардилъ тIаде вахъун жиндирго ишалда вугеб мехалъ нужеца дун ахIе», - ян.
Иргадулаб нухалъ къаси тIаде вахъун гьев вукIаго, асхIабзабаз лъазабула аварагасдаﷺ ва гьев ﷺ вачIуна дов чиясухъ гIенеккизе. Рогьалилъ аварагас ﷺ гьесда абула: «Я, пулан, дуца Аллагьасда дурго цоги хIажат гьаричIебищ?» - ан.
Гьес жаваб гьабула: «Я, Аллагьасул расул ﷺ, дун Аллагьасда жо гьарулеб бакIалда гьечIо, дир гIамалги гьелде щоларо», - ян. Гьеб параялъ тIаде щола ЖабрагIил малаик ва гьес аварагасда ﷺ абула: «Дуца пуланасда рохалил хабар бице, Аллагьас гьев жужахIалъул цIаялдаса тархъан гьавунин ва алжаналдеги лъугьинавизе вугин», - абун.
АсхIабзабазги гьеб гIужалъ гIамал-гIибадат гьабиялде кутакалда кIвар кьолеб букIун буго. Бицуна, гIадамал кьижараб заманалъ тIаде вахъун гIибадат-гIамал гьабулелъул ибну МасгIудил, Аллагьасдаса хIинкъиялъул бугеб зигараялъул сас, наязул зузуй гIадаб букIунаанин. ГIабдулгIазиз ибну Равад абурав чиясул гIадат букIун буго, сардил гIуж щведал, бусада кверги бахъулаго, «тIад хIалхьи гьабизе мун кутакалда рахIатаб бакI буго, АллагьасхIаги, амма алжаналда дудасаги тамахаб бакI буго», - янги абун, сордо рогьинегIан какал ран, гIибадат-гIамал гьабун вукIунеб. Гьединал мисалал ва аварагасул хIадисал гIемер руго. Амма имам Гъазалияс «ИхIъяалда» рехсарал, сардилъ тIаде рахъине кумек гьабулел цо-цо гIамалазул нужеда батила щуабилеб гьумералда бахъараб «Кумек гьабулел гIамалал» абураб бетIералда гъоркь.
МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ