Аслияб гьумералде

ГIадатиявлъун вукIана

ГIадатиявлъун вукIана

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ бугеб хирияб тIабигIат. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб хIалалдаса тIадегIанлъиялъе жив мустахIикъавлъун вихьунгутIи», - абун.

Ибну Къайимица абулеб буго тавазугI-хIели бугин Аллагьасе ﷻ гIололъун ракI бекун, цонигиясдаса хиралъи жиндие бихьуларедухъ, рахIматалъулги гIодовегIанлъиялъулги кваркьи БетIергьанас ﷻ бижаралъе биччаравлъун вукIин. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер авараг r вижана къадру-къимат бугезул бищун лъикIав, жиндир рехсей тIадегIанавлъун, рижи камилавлъун. Гьел ва гьезда релълъарал цогидалги сипат-тIабигIатал камилавлъун гьев вугебгIан мехалда, гьев ﷻ вуголъана тавазугI-хIелиялъул рахъалъги камилав, гIадамазулъ бищун гьеб цIунаравлъун. Гьелъие хIужалъунги гIела, Аллагьас ﷻ жиндие хан – авараглъун яги лагъ – авараглъун вукIине ихтияр кьураб мехалъ гьес ﷻ лагъ – авараглъун вукIине тIаса бищи.

Рехселин аварагасул ﷺ гIадатияб вукIа-вахъиналъул ва чIухIи гьечIолъиялъул хIакъалъулъ дагьабго баян.

Гьев r вукIана жинда аскIоса гIадамал лъутуларев, нахъе унарев. Гьеб кинин абуни, гьев r вукIун чIухIи гьечIев, гIадатияв инсанлъун. ГIадатиял гIадамал жинда аскIор чIунгутIиги ханзабазул ва гьезда нахърилълъаразул пиша букIиналъе гIоло. Щив чи хIажат ккун аскIове вачIани, гьесул къваригIел тIубазе къватIиве вахъунаан авараг ﷺ . Анас-асхIабас бицунеб буго цо нухалъ аварагасухъе ﷺ ячIанин чIужугIадан пуланаб хIажат гьарун, гьелъие жаваб гьабун аварагас ﷺ абунин: «Мадина шагьаралъул къватIазул бокьаралъуб дуца дидехун гIодобчIей гьабе, дун мунгун гIодов чIела», - ян (щиб хIажат шагьаралда батаниги, гьеб тIубазе дун аскIов чIелин абураб магIнаялда).

Аллагьасул расул ﷺ вукIана ракьалда тIад гIодов чIолев, кваналеб мехалъги гIодов чIун кваналевлъун. ПурчIинадул гьабураб чед кваназе лагъас ахIаниги, гьесиеги жаваб гьабулевлъун. Гьев ﷺ вукIана Мадинаялда рукIарал мискиназде, загIипазде, унтаразде ваккизе унев, зиярат гьабулев, гьезие хъулухъ гьабулев, жаназа тIобитIулев чилъун. Гьоболлъухъе ахIани, жаваб гьабун унаан. Сайгъат бачIани, гьебги къабул гьабулаан. «Дие сайгъат гьабун хIайваналъул рицIи махIо бачIаниги гьебги дица къабул гьабула, гьеб кваназе ахIани, жавабги гьабула», - ян абулаан (Анас).

Гьединго Анас-асхIабас бицун буго: «Аллагьасул ﷻ расул ﷺ хIеж гьабизе унелъул гьесда гъоркь лъураб кьили букIана басрияб, тIад тIамураб жоги квасквасалъул бугеб, ункъо диргьамгIанасеб гурони жиндир багьа гьечIеб. Гьесги ﷺ абуна: «Я БетIергьан Аллагь ﷻ! Дуца гьаб (хIеж) гьабе жиндилъ рияъ ва сумгIат гьечIеблъун», - абун.

Гьедин, мискинаб къагIидаялда хIеж гьабиги аварагасул ﷺ букIана гIемерал бакIазда кверщел гьабун, исламалде гьелги рачIун хадуб. Гьеб хIежалда Бичасул ﷻ расулас ﷺ нусго варани бусурбабазе сайгъат гьабун буго, БетIергьанасде ﷻ гIагарлъи тIалаб гьабун. Гьезул 63 жинцаго хъун буго, хутIарал хъвейин ГIалиасхIабасда абунги буго. Бицуна, Макка бахъун хадуб, шагьаралде лъугьунаго, Аллагьасе ﷻ хIелун, аварагасул ﷺ бетIер букIанин тIад рекIараб вараниялъул габуралде дал-далун, цо-цо мехалъ гьелда цун бугин аварагасул ﷺ нодойин кколеб хIалалда. Гьединав вукIана авараг ﷺ , ай щибго чIухIи, ццим бахъин, цогидаздаса живго батIиявлъун вихьи гьечIев, гIадатияв Аллагьасул ﷻ расуллъун. Аллагьас ﷻ гьесул шапагIат камун тогеги бусурбаби! Амин!

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...