Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа

Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги цаби, кIалдиса жанибе араб кесек жидеца хъурулеб.

Амма бищунго гIажаибаб жо, гьелъул чохьониб хутIараб жо лъугьуна салилъун. Гьедин, цо попугай ччугIаялъ лъагIалида жаниб гьабула 100 кг хъахIаб салул.

Халалъи бахуна 40-130 см, бищунго кIудияб гIурччинаб бетIералъул гьеб ччугIил цIайи бахуна 45-75 кг, гIадатиязул гьитIинаб цIайи букIуна.

 

Бочка-бер

Жанисан канлъи бихьулеб бетIер бугеб ччугIа. Гьелъ гIумру гьабула гъварилъиялда, гьелъул аслияб хаслъи ккола куполалъул формаялъул лъамалъиялъул цIураб бетIер. БетIералда жанирго руго тIадехун рихьулел гIурччинаб шар гIадал берал. Гьеб гIуцIиялъ ччугIие рес кьола тIадехун лъедолел гIисиналги рухIчIаголъабазул загIипал сипатал рихьизе, гьелдаго цадахъ кIудиял хIайваназда жиб халлъичIогоги хутIизе. ХутIараб тIом буго чIегIераб чешуялъ цIураб. Халалъи бахуна 15 см.

 

ТIанхил сураталъул ралъдал дракон

Бахчизе гьунар бугеб. ГIадатго балагьидал гьеб релълъуна ралъдал водорослабазул кесекалда. Гьелъул черхалда руго гIемер батIи-батIиял формабазул тIадерахъинал, гьез чвердезе гуро кумек гьабулеб, кумек гьабула бахчизе. Гьезул гIажаибаб жо, лъималазул ургъел гьабулеблъун ккола бихьинаб: гьелъ икра баччула рачIалда лъун тIанчIи рахъинегIан.

 

ЧIегIераб чIагокIкIун

Кванил къвачIа. Гьеб ччугIида кIола жиндасаго 2-3 нухалъ халатаб рухIчIаголъи къулчIизе. Гьелъул гьечIо гIадатиял хьабалухъгIучIал, кванирукъги цIан бачIуна чанго нухалъ кIодолъун. Гьелъул цаби руго чIахIиял, кIал данде бачараб мехалъ жанирги гIоларо киналго. Жанибе ккараб рухIчIаголъи чанго сагIаталда жаниб биуна. Кваналеб жоги чIаго къулчIула, жиндасаго 10 нухалъ бакIалдаги тIад речIчIула.

 

ХIатIул кьералъул кIанцIеро

Ракьалда свердолеб ччугIа. Гьелъ лъелъ бугелдаса цIикIкIун заман бала ралъдал рагIалда. Гьелъ жиндирго каранда ругел кваркьаби хIалтIизарула бохдул хIисабалда ганчIаздасан хьвадизе. КIудиял къватIире рахъарал берал хIалтIула сверухъ бугелъул хIисаб мухIканго халгьабун, перископ гIадин.

Гьелъ хIухьел цIала биччараб тIомодасанги, жабрабаздасаги, лъеда гъоркье лъугьунев чияс хIухьел босулеб кинниги, кIаркьабазда жаниб лъел нахърателги гьабун, кIалдисанги. Халалъи бахуна 10-20 см.

 

ГамачI ччугIа

Бищун загьруяб ччугIа. Гьелъул сипат буго лъамалъиялъгун водорослабаз цIурабин ккараб тIулакьераб ганчIида релълъараб. Гьелъ гIумру тIамула ралъдал тIинда. Гьелъул мугъалда руго 13 регIерарал шипаби, жидер аслуялда загьруял железабиги ругел. Гьелде тIаде хIетIе ккани, кутакаб унти бачIинабула, хвезецин рес буго. Амма гьелъ жинцаго тIоцебе тIаде кIанцIи гьабуларо.

Халалъи бахуна 40-50 см, цIайи 2 кг.

 

Боржунеб ччугIа

Гьел руго карачелазда тIасан роржунел бищунго берцинал ччугIби. Гьез, хIанчIаз гIадин куркьбал хьвагIуларо, хIалтIизарула каранда ругел плавникал, парашютал хIисабалда. Боржине букIинелъун ччугIа цин лъеда гъорлъго сагIтие 60 км. нахъа тун лъедола, хадуб рачIалъул кумекалдалъун къватIибе кIанцIула. Гьедин кIола 45 секундалде щвезегIан гьаваялдасан роржине, 400-гIанасеб метрал халалъиялъ цебехун ун. Гьеб борженалъ кумек гьабула ралъдал хIайваназдаса лъутизе, гьедин унелъул гьаваялдаги къанагIат гурони гьезде гьаваялдасан боржунеб жоялъ тIадекIанцIи гьабуларо. Лъеда тIасан унелъул рорженалъулги контроль гьабуларо гьез, гIицIго битIараб мухъалдасан церехун уна рачIалдалъун лъеда тIад манзилги рекъезабулаго. Халалъи бахуна 15-50 см, цIайи 1 кг.

 

Хирург ччугIа

Гьеб берцинаб ччугIаялъул рачIазул байбихьиялда руго скальпель гIадал регIерарал гажал. ГIодобе биччараб хIалалда ччугIаялъ гьел тIомолъе рачун рахчизарун рукIуна, амма хIинкъи ккедал гьел къватIире раккизарула ва хъат кьабулеб кинниги, хьвагIезарула. Чиясда тункани гьелъул ругъун кутакалда бухIизабун унтизабулебги буго, би чвахиги халатбахъун гурони къотIизабизе кIоларо. Амма жибго чугIа ракълилаб буго.

Халалъи бахуна 15-40 см, цIайи 1-2 кг.

 

Парусник

Океаналда бищун хехаб ччугIа. Гьелъул аслияб гIаламат ккола парус гIадаб формаялъул мугъалда бугеб плавник. ХIажалъи ккедал плавник ччугIица мугъалда бугеб хасаб жаниблъиялде бакIарула, лъел тIадецуй бугеб мехалъги бакIарун чIезабула. ХIинкъи ккедал яги чанахъанлъи гьабулеб мехалъ парус рагьула жибго кIудияблъун бихьизелъун. Гьелда бажарула сагIтида жаниб 110 км нахъа тун лъедезе. ЧIахIиял парусниказул халалъи букIуна 3,5 метралде щвезегIан ва 100 кг. цIайи.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...