Аслияб гьумералде

Мавлидазул моцI

Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.

 

Масала, Муса аварагасул шаргIалда мунагь гьабурав чиясул гьеб мунагь чурулаан, гьев чи живго чIвани, нилъее абуни, Аллагьас ﷻ рахIматлъун тавбу кьун буго, ракI-ракIалъ гьеб гьабурав чиясул бокьараб мунагь чурулеб (ширк хутIун). Цоги, нилъер умматалъе цо лъикIлъи гьабуни, гьеб анцIиде бахинабун хъвалеб буго. Къиямасеб къоялъ нилъер Авараггун ﷺ тIоцере алжаналъуре нилъер уммат лъугьунеб буго. Гьел гурелги гIемерал рахIматал руго Аллагьас ﷻ МухIаммад аварагасе ﷺ гIоло кьурал. Гьединлъидал нилъ жиндие гIоло кIодо гьарурав Авараг ﷺ кIодо гьави нилъеда тIадаблъун лъугьуна. Аллагьасе ﷻ рецц буго гьев Авараг ﷺ кIодо гьавизе, мавлидал ахIизе нилъее тавпикъ кьурав.

ТIоцебе мавлид тIобитIана гьижрияб къагIидаялъ 7 гIасруялда, Ирбил абулеб бакIалъул къираласул амруялдалъун. Гьев машгьурав динияв гIалимчиги вукIана, Аллагьасукьа хIинкъарав варагI бугев чиги вукIана. Бергьун кIудияб бахIарчилъиялъул чи вукIиналъ гIарабаз гьесие Музаффар (бергьенлъи босарав) абураб цIар кьуна. Мавлидалде гьес ахIана гIемерал машгьурал гIалимзаби, хIадисазул гIелму лъикI лъалел ритIухъал суфизаби. ЦIияб гIидалъул рахъккуна Бакъбаккул рахъалъул гурелги БакътIерхьул рахъалъулги исламиял гIалимзабаз.

Гьезда гьоркьор рукIана ХIафиз АхIмад ибн ХIажар ГIаскъалани, ХIафиз Ас-Сагьавий, ХIафиз Ас-СуютIи ва гь.ц.

Нилъеца мавлидалда жаниб аварагасде ﷺ свалат битIула, гьев гьавиялъул, гьесул мугIжизатазул, гьесул хиралъиялъул бицуна, Къуръан цIалула, зикру бачуна. Гьал рехсарал жалазул Аварагасул ﷺ заманалда гьабулареб щибго букIинчIо. АсхIабзабаз кида дандчIваниги бицунаан Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ, гьез гIадин гIемер свалат лъица битIулеб, Къуръан гьезда гIадин лъихъа цIалун бажарулеб? Авараг ﷺ вокьизе ккани, гьесул бицинчIого кин тIубалеб? Нилъеда лъала нилъее цо чи вокьани, гьесда хурхараб жоги бокьула: гьес гьабулеб, гьесул рокъоб бугеб, гьев чияс гьабулеб щибаб жоялда хадур ралагьун рукIуна нилъ. Авараг ﷺ вокьулинги абун, гьесул бицинчIони, гьеб ккола гьедин абулев чиясул гьереси.

Авараг ﷺ вокьулев чияс гьесда хурхараб кинабго жо рехсола. Жакъа, Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ бицен гIадамазда кIочараб къоялъ, Авараг ﷺ ракIалде щвезавун гьабулеб мавлид гьукъарав чиясул щиб рокьи букIунеб Аварагасдехун ﷺ. Гьедин мавлид бегьуларин абулев чиясда мунапикъилан абуни гурого, батIияб цIар гьечIо. РекIелъ бугеб жо кIалалъ абичIого чияс киданиги толаро.

Цо къоялъ ГIумар-асхIабас Аварагасда ﷺ абун буго: «Дие мун вокьула, я Бичасул Авараг ﷺ, дирго напс хутIун, кинабго жоялдаса», - абун. Цинги Аварагас ﷺ абун буго: «АллагьасхIаги, нужер цонигиясул иман камиллъуларо жиндирго напсалдасаги дун вокьун гурого», - абун. Гьеб мехалъ ГIумар-асхIабас, гьедизеги гьедун, абун буго: «Гьанже дие мун дирго напсалдасаги вокьула», - ян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Гьанже камиллъана дур иман, я ГIумар», - абун.

Халгьабе, диналъул вацал, иман камиллъизе ккани, гьев жиндирго напсалдасаги вокьи шартI бугеб мехалъ, рехсечIого кин вокьилев? ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда жиндирго кIиго сипат гьабун буго Аварагасе ﷺ (суратул «Тавбат», 128 аят). Гьеб кIиябго сипатги – Рауфун РахIим буго. Гьаб жиндирго кIиябго сипат Аллагьас ﷻ жиндие гьабурав инсан гьечIо нилъер Авараг ﷺ гурони. ГьадигIан Аллагьас ﷻ кIодо гьавурав Авараг ﷺ умматалъ кIодо гьавизе бегьунгутIиялъе гIилла щиб букIунеб?

Къуръаналда гIемер руго аятал Аварагасе ﷺ мутIигIлъейин, Авараг ﷺ кIодо гьавейин абурал магIнабазул. Масала, буго гьадинаб магIнаялъул аят: «ХIакълъунго, Аллагьасги гьесул малаикзабазги свалат битIула Аварагасде . Я, гьал иман лъурал гIадамал, нужецаги свалат-салам битIе Аварагасде ». Гьеб гурищ Къуръаналдаса хIужа Авараг ﷺ кIодо гьавулев чиясе.

«РухIул баян» абураб Къуръаналъул тафсиралда хъван буго: «ГIелмуялъул агьлу тIад рекъана моцIазда жаниб бищун хирияб моцI рамазан букIиналда, Къуръан жинда жаниб рещтIараб моцI гьеб букIиналъе гIоло», - абун. Цинги гьелда хадуб рабигIул аввал хирияб букIиналда, жинда жанив Авараг ﷺ гьавиялъе гIоло. Сардазул бищун хирияб сордо цо-цо гIалимзабаз абулеб буго «Лайлатул къадри» бугилан, гьеб сордоялъ Къуръан рещтIиналъе гIоло. Цоги гIалимзабаз абулеб буго сардазул бищун хирияб Авараг ﷺ гьавураб сордо бугилан. Гьев Авараг ﷺ вукIинчIевани, Къуръанги рещтIинароанила, «Лайлатул къадриялъул» сордоги букIинароанила. Гьелъие гIоло МухIаммадил умматалда тIадаб буго Авараг ﷺ гьавураб сордоги, Гьев гьавураб моцIги кIодо гьабизе, Гьесул шапагIат щвезе букIине.

Авараг ﷺ гьавураб мехалъ, вохарав гьесул инсул вац Абулагьабица тархъан гьаюна жиндирго гъараваш Сувайбат. Абулагьаб ккола Аварагас ﷺ диналде гIадамал ахIидал гьесда данде вахъарав, Къуръаналдаги жив какун аят бачIарав диналъул тушман. Гьединав гьев вугониги Авараг ﷺ гьавураб къоялъ гьес гьабураб жоялъе гIоло щибаб итни къоялъ гьесие гIазаб бигьа гьабулинги буго Бухарияс бицараб кьучIаб хIадисалда. Халгьабе, диналъул вацал, капурав Абулагьабиецин, гьев гьави кIодо гьабидал, гIазаб бигьа гьабулеб бугелъул, Аварагги ﷺ вокьун мавлид ахIарав чиясде кигIан кIудиял рахIматал рещтIинарел?

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...


Лъадул хIакъ цIунизе ккола

Хъизан ккола Аллагьас инсанасе кьурал бищун кIудиял нигIматазул цояб. Исламалъ хасаб кIвар кьола ригьин гьабиялде. Ригьин гьаби рикIкIуна жамгIияб гIадатлъун гуребги, гIибадатлъунги, гьелдалъун цIунула иманги, яхIги, насаб халат бахъинабиги.   Хасго ригьин гьабизе лъикIазул цояб ккола шаввал...


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


Хварал нухда регIулев

«Хвел-хоб кIочараб, къойил холел гIадамазул хабар рагIаниги нилъго хвелин ракIалдецин кколареб гIажаибаб дунял бачIун буго». Гьединал пикрабазда вукIаго, ракIалде бачIана хварал чагIи чурулев чиясулгун гара-чIвари гьабизе лъикI букIинаанин абураб пикру. ЦIех-рех гьабулаго, гьединав чи...