Аслияб гьумералде

ХIузуралъул нух

ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.

 

Цоги абун буго, как бай кколин БетIергьан Аллагьасулгун гьабулеб мунажатиланги (кIалъа-басай, хитIаб). Какилъ ругел арканазулгун суннатазул магIна хал гьабуни, гьедин бугизеги буго. Балагье алхIам-аттахIияталъул магIнаялде.

ХитIаб ккола нилъеца БетIергьанасулгун гьабулеб гара-чIвари. Гьединаб заманалда нилъ гъапулго ругони, гьелдаса адаб тараб жо кинаб букIинеб? Цо нилъедаго борцун балагьаниги, нилъеда кIалъалев чи дове-гъове вуссун, щибго нилъер адаб гьечIого, нилъги хIачIого кIалъалев вугони, гьесде ццим бахъунарищ? Балагье шайтIан нилъеда кидаго хадуб букIунеб куцалъухъ, нилъеда Аллагьасул ццим бахъин бижизабизе букIине.

Какилъ ругеб заманалда гIажаибго ботIролъе рачIунелщинал пикраби рихьуларищ? Квешал ругони гьездаса цIунизе рес букIунелъул, нилъ кантIичIого рукIине лъикIал ишал гьаризе пикраби реххунги, какдаса нилъ машгъул гьаризе кутакалда хIаракат бахъула иблисалъ.

РачIаха балагьизин хирияб хIадисалда щиб абулеб бугебали бихьизе. «Какидасан инсанасе гьечIо гьев гIакълуялда вукIарабгIан къадар гурони, ай хIузуралда», - ян абулеб буго Бичасул аварагас ﷺ. Гьелъул хIисаб гьабуни, гIемерисеб нилъер бараб как щибго кантIичIого бан борчIун батула. Гьеб тIубан хадуб ракIалде бачIуна гъапулго араб куц.

Имам Гъазалияс гьедин гъапулго бараб как, базего бачIого таралда релълъинабулеб буго. Щайгурелъул, как теялъул хIад гьаб дунялалда тIаса бихьи гурони, гьелъул тIокIаб пайда гьечIелъул. Загьириял гIалимзабаз как тIаса ккараблъун рикIкIуна цо лахIзаталданиги гьеб какилъ Аллагь ракIалде щвани. Амма имам Гъазалияс абулеб буго, гьединаб как гIицIго рагъа-рачари жаниб бугеб гурони, Аллагьасда аскIоб пайда гьечIеб бугин абун. ХIатта гьес рикIкIунеб буго какилъ хIузур букIин гьелъие шартI кколинги. Далиллъунги бачунеб буго гьаб хадусеб аят: «Дуца как бай дун ракIалде щвеялъе, ай дун рехсезе», – ян. ТIубараб какилъ гъапулго вукIарав чияс кин рехсолев Аллагьин рикIкIунеб буго Гъазалияс.

Гьеб кинабго жо бичIчIарав чияс кутакалда хIаракат бахъула какилъ хIузур цIунизе. Амма, кигIан кIвар кьун вугониги, цо заманалда гьелдасаги гъапуллъун, ахиралде щун батула как. Гьедин букIуна щибаб къойил. Узухъда, гьеб буго гIадатияв чиясул къагIидаги. Сордо-къоялъул цогидаб заманалда гIибадаталде вуссунарев чиясул гIицIго как балеб заманалда хIузур букIин лъугьунареб жо буго. Гьединлъидал чара гьечIо гIемер Аллагь рехсечIого.

БетIергьанас нилъеде амру гьабун буго нужеца гIибадат гьабейин абун. «Багьжату ссанияталда» хъвалеб буго: «ГIибадатин абураб жоялъул магIна ккола Аллагьгун даимго хIузуралда вукIин, щибго цоги жо ракIалде биччачIого. Гьединаб кIудияб талихIги инсанасе щоларо Аллагьасул рахъалдаса жазбат, ай Гьесде гIагар гьави щвечIого. Гьеб щвеялъе бугеб сабабги ккола жазбат жиндие бугев устарасул тарбиялда гъоркь гIибадат гьаби», – ян.

Аллагьас кумек гьабеги хушугI-хIузур камил гьабулеб нухда жигаралда хIалтIизе. Амин!

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...