Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Цебесеб, ай 4-абилеб номералда нилъеца байбихьун букIана Аллагьасул берцинал цIаразул баян гьабизе. Гьениб рехсей гьабун букIана тIоцебесеб 10-ялъул.

11. Аль-Мутакаббиру - бижанщинаб жоялъул сипатаздаса тIадегIанав, чIухIи, кIодолъи Жиндие хассав.

12. Аль-Халикъу - мисал-сурат гьечIого кинабго бижулев, гьелъие къадар бихьизабулев, гьечIелъуса тIолго жо батизабурав, махщелчагIиги рижарав, гьезул махщелги бижарав.

13. Аль-Бариу - Жиндир къудраталдалъун халкъ бижарав Азалалда хъвараб жо загьир гьабизе хIалкIолев.

14. Аль-Мусаввиру - бижанщинаб жоялъе сурат гьабурав, гьеб рекъезеги гьабурав, щибаб жоялъе жинди-жиндие хасаб суратги куцги кьурав, кигIан гIемерал ругониги, кинабниги жоялъе цоцадаса ратIа рахъулеб хIалалда суратал кьурав.

15. Аль-Гъаффару - дунял-ахираталда бусурбабазул мунагьал рахчулев, гьел чурулев, гIайибал рахчулев Жив гурони гьечIев.

16. Аль-Къагьгьару - Жив бергьарав, Жиндир ханлъи-къудраталдалъун халкъ квегъулев, халкъалъе бокьаниги риханиги Жиндие бокьараб жо гьабизе халкъ тIамулев, Жиндир кIодолъитIадегIанлъиялъе тIолго жо хIелулев ва мутIигIлъулев.

17. Аль-Вагьгьабу - чIобого кинабго жо кьолев, лагъзадерие нигIматал кьолев, гьаричIого хIажат тIубалев, нигIматал гьарзаяв, кьей даимав.

18. Ар-Раззакъу - ризкъаби рижулев, киналго халкъазе ризкъи кьолев, щибаб жоялъул хIажат тIубан кумек гьабулев, щибаб жоялъул гIумру цIунулев, гьебги къачIалев.

19. Аль-ФаттахIу - къарал ишал рагьулев, захIмалъаби бигьалъизарулев, зоб-ракьалъул хазинабазул кIулал кодор ругев.

20. Аль-ГIалиму - батIа-батIа гьабун тIолго жо Жинда лъалев, тIере-тIеренал ишалги, балъгоял хивалалги, рекIел анищалги Жиндие загьирав, Жиндир мулкалдаса зарра борчIун кколарев, Жиндир гIелму тIолабго жоялда сверун лъугьарав.

(Хадусеб букIине буго)

ГIАЛИ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...