Исламалда батараб хвасарлъи

ТIадегIанав Аллагьас исламияб дин тIолабго халкъалъухъе битIараб букIаниги, гьеб диналда ратиялъул талихI киназего гуро кьун бугеб. Исламияб дин букIана ТIадегIанав Аллагьас тIолалго аварагзабаздеги гьезул къавмазухъеги рещтIараб, амма мухIкан гьабун, хирияб Къуръан рещтIун, МухIаммад аварагасе ва гьесул къавмалъе гурони кьечIо.
Нилъ исламалда ратун талихI кьурал рукIаниги, исламалъул кунчIи кватIун гурони жидеда чIвачIел ва чIваялда хурхараб лъугьа-бахъинги жидер гIумруялъул бищунго кIудияб рохеллъун рикIкIунел дандчIвала нилъеда цIибусурбанлъарал гIадамал. Гьединаблъун рикIкIинеги бегьулеб, амма жиндилъ хIикматал ругеб буго дие гьаниб рехсезе бокьараб къисаги. «Дун гьитIинав чи вугеб мехалда, дие цIакь бокьулаан дурнабиги росун, тIохдеги вахун, къаси цIвабзахъ балагьизе.
Щибаб нухалда цIвабзаздаги гьезул гIуцIиялдаги хIикмалъун вуссунаан рокъовеги. Дида Аллагьасул I хIакъалъулъги, Аллагьас зоб-ракь гIуцIиялъулги щибго лъалароан. Амма насраниязул къагIидаялъ абулаан: «Аллагьас бижанщиналъул кIодолъи», - ян. Гьединги абун пикру гьабулаан цо къуваталъул, нилъер беразда жиб бихьулареб, сунданиги релълъенлъи гьечIеб, жиндалъун киналъулго авал-ахир бугеб, зобракьалда бугеб жинца кинабгоги бижараб.
Аллагьасул рахъалъан бугеб пикру дилъ гIезегIан заманалъ букIана. Амма гъваридго цониги диналъул цIех-рех гьабулароан. Дунго гIадал гIун рачIунел льималаз гьабурабги гьабун вукIунаан. Кин бугониги раккулаан цо-цо суалалги. Унтараб гIусалъ рахIат толареб гIадин, гьел суалаз рахIат толароан дие. Амма дирго ишазде машгъуллъидал, гьел суалал кIочонаан ва гIумруги ругьунаб рахънисан чвахулаан.
Гьеб киналдаго цадахъ дун гIумру гьабун вукIана бусурбабазул улкаялда. Гьел мажгиталде хьвадулелги рихьулаан. Дир гьезулгун хабарги кколаан Аллагьасул рахъалдасан. Дун гьез бицунелда божулароан ва гьелгун дагIбадизе валаан. Дица гьезда абулаан: «Кинаб рухI нахъе хутIиялъул нужеца бицунеб бугеб?
Инсан хола ва гьесул черх турула ракьулъ. ТIокIаб жо букIине рес гьечIо», - абун. Гьедин тIилгIадин чIун вукIаниги, Аллагь вукIиналъул пикраби гьаризе байбихьана дагьдагьккун. Гьез дун вачана килисаялде ва дица цIализе босана Инжилгун Забур. Босана хъанч, хIедул чирахъал. Цинги байбихьана хъанчие как базеги.
Инжилги Забурги цIализе лъугьана дун. Амма дир суалазе жаваб батичIо гьениб. Аллагь I щив кколев? Нилъ сундуе гIоло рижарал? Инжилги цо чанго батIияв чияс буссинабураб щвана дихъе цIализе, щибалда хис-хисизабураб батана хъвараб жоги. Кин бугониги, рекIелъе гьел суалаз пашманлъи рещтIинабидал, Инжил кодобе босулаан ва гьелда жаниб дие хIажатал жавабал гьечIолъиялъ ракIги жеги къварилъулаан.
Дун щибаб къойил хьвадулев вукIана килисаялде. Инжилги дица цIалун течIо, лъазабулеб букIана рекIехъе. Цо нухалда бусурбабазул социалияб гьиналдеги лъугьун, гьелгун кIалъа-басаялда вукIана. Гьениб дица Аллагьасул бицунеб букIана. Дида кколеб букIана гьез как балеб бугин жидерго хасав Аллагьасе абун. Бищунго кеп щолеб жо, бусурбабазда дун кIалъалев вукIана кутакалда Инжил лъалев чи гIадин.
Доб заманалда исламияб дин рихарав чиги вукIана дун. Ислам дие букIана къараб нуцIалъун. Бусурбабаздеги букIана ццим. Гьелгун дагIбадулаан. Амма дир ццималде данде ццимгун кIалъалев чи цониги кколароан. ХIеренго, адабалда кIалъалаан гьел. Гьезул цояс дир адрес тIалаб гьабуна. Дида ккана гьесие диргун бадиса-бадибе кIалъа-басай гьабизе къваригIун батилин абун. Бокьараб ккагиянги абун, дица адрес кьуна. Амма дихъе щивго вачIинчIо. Гьедин ана моцI. Цо къоялъ дихъе посылка бачIана. Гьелда я цIар, я битIараб шагьар бихьизабун гьечIоан.
Дун хIинкъана гьеб рагьизе, бомба яги наркотик батилин ккана. Гьебги босун ана хIалтIуде ва гьениб рагьидал, ххаммилъ жемараб Къуръан батана. Гьелда гьоркьоб бугоан кагъат, дир адрес тIалаб гьабурав чияс битIараб. Мун кантIиялъе сабаблъун гьаб Къуръан букIинин хъван бугоан кагътида. Дир кутакалда ццим бахъана, Къуръанги рагьизецин рагьичIо. Гьебги босун дун къватIиве вахъана. Дун хIалтIулеб бакIалда аскIоб букIана рохь. Щвана гьениве.
Гьениб букIана хьуцI бугеб бакI. Дица Къуръан хьуцIилъе рехана. ЛъикIаланго заман ана долдаса нахъе. Къуръаналъе гьабураб жо кIочараб къоги цониги букIинчIо. Дие сайгъаталъе, дун кантIиялъе битIун бачIараб ТIехьалъе дицаго гьабураб рекъечIеб жоялъ жанисан вухIулев вукIана. Дица Инжил цIали тана, килисаялдеги инчIо. Насранияб диналдаса ракI буссун букIана. Гьелдаса хадур ана гIемерал моцIал. ЦIадги бан, нухазда хIарщ бугеб заман букIана.
Дирго хIалтIул кабинеталда вугев дун къватIиве вахъана тира-сверизе. ЛъагIелалъ цебе Къуръан рехараб хьуцIил рагIалде щвана. Дидаго лъачIого бадиса магIу чвахизе лъугьана. Дие лъикIлъи бокьун сайгъаталъе кьураб ТIехьалда дицаго гьабун тараб жоялъ ракI бекулеб букIана дир. «ГIумру ана Аллагь валагьулаго. Цощинаб доб ТIехьалда букIун батани Аллагьасухъе дун вачунеб нух?
Аллагьасго жиндихъе дун вачIиналъе бихьизабураб ахирисеб нух букIун батани гьеб Къуръан?» - гьединал пикрабаз рахIат толеб букIинчIо. Дун гьениса нахъе ине хIадурлъулев вукIана, амма хIатIаз цевехун вачинчIо. ГIедегIун хьуцIилъеги лъугьун, лъагIалица цебе Къуръан рехараб бакIалда хъирщадизе лъугьана. Амма кигIан хъирщаданиги Къуръаналде тIаде ккечIо гьеб къоялъ.
Лъабго къоялъго тIатIала ана дун хьуцIилъе гьеб балагьизе. Лъабабилеб къоялъ батана Къуръан. Дица гьелъул жилдал чурана ва рагьун жаниве ваккидал цониги тIанчил кьерцин хисун батичIо, гIицIго риччун гурони. ТIамач-тIамачккун, печалда цебеги лъун, бакъвазабуна. Цинги рагьана. Ва тIоцебе дир бер речIчIараб ва дица цIалараблъун букIана «Ар-рад» сураталъул 31-абилеб аят. Дида бичIчIана аяталда рехсараб мегIер дир гванзаб гIамал букIин, жиндаги хIакъикъат бичIчIулеб букIинчIеб, амма гьанже бихх-биххун араб.
Ракь абуни дир рухI букIин, жибги Аллагь лъаялъе рагьун араб, хварав чиги дун вукIин, Къуръан цIалиялдалъун вигьун вачIарав. Гьеб аяталъ дир рекIелъ ругел киналго щакдараби риххизаруна. Цо сордоялда жаниб дица лъабго сура цIалун бахъинабуна (гьеб букIана таржама гьабураб Къуръан). Дир рекIелъ рукIарал киналго суалазе жавабал ратана гьелда жанир. КIиго соналъ цIалараб Инжилалъ биххизабураб дир бетIерги ракIги бачIинахъего цойиде бачана Къуръаналъ!
Аллагьасул хIалкIолъи! Гьелдаса хадуб къабул гьабуна ислам ва бищунго талихI бугездасанги лъугьана дун. Гьаб киналдаго гьоркьоб дун кидаго пашман гьавулеб жо буго доб Къуръан битIун бачIарав чиясул я цIар я адрес лъангутIи. Дица гьесие кидаго дугIа гьабула ва Аллагьасда гьарула дир рахъалдасан гьесие лъикIлъи гьабеян», - абун лъугIизабулеб буго цIибусурбанлъарас жиндирго ккараб лъугьа-бахъин.
ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА