Аслияб гьумералде

Къун-бергьа

Къун-бергьа

ХIурматияб исламалъул агьлу. Лъиего балъголъи гуро халкъалда гьоркьоб питна бекьулеб жо дагIба-рагIи букIин. Гьебги ккола щибго гуреб махсаро сабаблъунги. Гьединго гIемераб къец ккола дунялалъул боцIуе гIоло. Ракьул цо гьитIинабго бутIа сабаблъун, гьоркьоб бугеб гIарац, гьабураб хIалтIи-пиша ва жеги ккола цоцада нахъаса абурал рагIаби сабаблъунги. Гьединал дагIбаби жиндир заманалдаго къинаричIони, гьоркьоб бугеб жо цоцаде багьизабичIони гьезул хабар халалъула ва гъварилъула. Гьединал дагIбаби сабаблъун ккола гIадамал цоцаца чIваялъеги. Гьединал лъугьа-бахъинал Дагъистаналдаги дагьал гурел кколел.

ГIадамаз дагIба гьабиялъе аслияб гIиллалъун кколеб буго чIухIи хIалтIизаби. Гьеб чIухIиялъ инсан гьукъулев вуго цогидасдаса къезе чIезе, гьоркьоб бугеб хIакъ тIаса лъугьун тезе. Дица цоги чи бергьине киданиги толарин абураб пикру букIунеб бугеб гIемерисезда жаниб. Гьеб мекъаб пикруялъ инсан вачунев вуго питнабаздеги. ЧIухIи буго Аллагьасе хасаб сипат, Гьесие гурони гьеб цогидасеги рекъоларо.

Гьеб жиндиего чIезабулев чи БетIергьанасде данде вахъаравлъун ккола. ЧIухIи нахъе инабиялъе гIемерал дарманал ва сабабал рицун рукIуна тIахьазда. Гьезул цоял ккола жиндирго вижиялъул, загIиплъи-гIажизлъиялъул пикру гьаби. Аллагьасул къудараталъул, Гьесул ТIадегIанлъиялъул хIакъалъулъ пикру гьаби. Бищунго гьелъие кумек цIикIкIун гьабулеб, чIухIи гIодоб къинабулеб сабаб ккола Аллагь гIемере рехсей.

Гьелъиеги рекъараб буго тIарикъаталъул устарасул тарбиялда гъоркь, гьес малъухъе вирдалги гьарун, Аллагь рехсей. ГIемер Аллагь рехсанагIан гьесда цIикIкIун лъала Аллагьасул къудрат, хIалкIолъи. Гьеб лъай цIикIкIанагIан жиндирго загIиплъиялъе мукIурлъула инсан. Щибго ихтияр жиндихъ гьечIев чи живго вукIин якъинлъидал чIухIизе бакIги хутIуларо. Дагъистаналда дагIбакъец цIикIкIиналъе аслияб сабаб буго нилъер гIибадат дагьаб букIин.

ТIарикъаталъул вирдал камилго нилъеца тIуразарунгутIи. Гьеб бичIчIизе ккола щивав чиясда. ХIаракатги бахъизе ккола къо анагIан жинца гьабулеб гIибадат цIикIкIинабизе. ДагIба ккараб заманалдаги буго исламалъ малъулеб берцинаб нух.

Хирияб хIадисалда буго: «Жив мекъавги вукIун дагIба тарав чиясе Алжаналъул рагIалда бала рукъ. Жив витIаравги вукIун дагIба тарав чиясе Алжан бакьулъ бала рукъ. Жиндир тIабигIат берцинав чиясе Алжаналъул тIасияб тIалаялда бала рукъ», – ян.

Балагьеха, диналъул вацал, кинаб куцалда бугониги дагIба тарав чиясе щолеб бугеб даражаялъухъ. Исламалъ нилъ ахIулел руго, кигIанго нилъ ритIарал ругониги, къец гьабунгутIиялде. Кинха къец телеб? Гьеб тейлъун ккола жинда тIасан дагIба бугеб жо дагIбадуласе теялдалъун, ай къезе чIеялдалъун.

Дагъистаналъул шагьидзабазул сайид ЧIикIаса СагIидафандиясул машгьурал ва цIакъ гIакъилал рагIаби руго «Къун-бергьа» абурал. Гьелъул магIна кколарищ жиндиргун къец гьабулесе тейин гьесул дагIба бугеб жоян аби. Гьеб теялдалъун къезе чIарав чи рикIкIунев вуго СагIид-афандияс бергьаравлъунги. Жакъа балагьеха, щиб кколеб бугебали Дагъистаналда. Ракьул кесек сабаблъун цоцаде ярагъги бахъун чIвай-хъвей гьабулеб буго. Гьелдаса гIакълу гьечIеб, мекъаб, ахIмакъаб пикруго бугодай цоги?

ХIадисалда буго: «Аллагьасе бищунго рокьуларел, жидеда ццим бахъарал гIадамал руго кутакалда дагIба-рагIи гьабулел чагIи», – ян.

ГьедигIанги БетIергьанасе рихараб жо гьабиялъ лъикIал ишазде кин рачине рес бугеб? Имам АвзагIияс абун буго, цо къавмалъе зарал ккезе Аллагьасе бокьидал, гьезда жаниб дагIба ккезабулин ва лъикIаб гIамал гьабиялдаса гьел нахъчIвалин абун. Сулайман аварагас абун буго, дуца дагIба-къец рехун тейин, гьелъул пайда дагьаб бугин. ДагIбаялъ тушманлъи бижизабула вацазда гьоркьоб. ГIицIго дагIба-рагIиялъ гьукъула гIемерал баракаталги. Бичасул авараг r къватIиве вахъун вукIун вуго Лайлатул-къадри бугеб заман гIадамазда бицине. Цинги кIиго чи дагIбадун вуго.

«Дун вахъун вукIана нужеда Лайлатул-къадриялъул бицине. Гьеб мехалда пуланал чагIи цоцалъ дагIбадана ва гьелъие гIоло гьеб хIукму хисана. Гьеб жеги лъикIабгицин батила. Нужеца гьеб балагье ичIабилеб, анкьабилеб ва щуабилеб къоязулъ», – ян (Бухари).

ДагIба-къец ккараб бакIалда имамзаби, гIалимзаби ва дибирзабигун жамгIиял хIаракатчагIи гьоркьоре рахъунеб гIадат буго нилъер. Гьезул гIакълу босуларелги камулел гьечIо. Ццим бахъараб заманалда инсанасда кIочона кинабго, бадиса канлъи босун, гIакълуялде хIур ккун букIуна. Гьединаб заманалда щивав чиясе рекъараб буго жиндирго ццимги къулчIун, жиндие шаргIияб гIакълу кьолев чиясухъ гIенеккизе. Гьелдалъун вохун гурони гьев пашманлъизеги гьечIо.

Аллагьас цIунаги нилъ дагIба-къецаздаса. Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...