Аслияб гьумералде

Аллагьасул ﷻ рецIел

Аллагьасул ﷻ рецIел

Аллагьасул ﷻ рецIел

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ рижун руго жидедаса квешаб ва лъикIаб гIамал лъугьунеллъун. Гьелдаго цадахъ нилъеда БетIергьанас квешабги лъикIабги гIамал, жидеда гьоркьоб чIванкъотIараб гIорхъиги лъун, бихьизабунги буго, хирияв аварагасул r нух нилъее мисаллъунги гьабун, хирияб Къуръаналдалъун щибалъе нугIлъиги гьубун. Гьединго, гурхIулев Аллагьас ﷻ нилъее квешабгун лъикIалда гьоркьоб тIасабищиги кьун буго, ай гIамал бижарав Аллагь вугониги, гIамал тIаса бищизе ихтияр нилъехъго тун буго.

Мунагь хъвалеб, ай батIулаб гIамалалдаса Аллагьас ﷻ цIунараллъун рижарал руго цохIо аварагзаби. ХутIараб инсаният Аллагьас ﷻ мунагь лъугьунеллъун рижун руго, амма мунагьаздасан тавбу хвасарлъилъун кьуравги БетIергьан Аллагь ﷻ вуго. Щибаб умматалье букIана Аллагьас ﷻ батIи-батIияб къагIидаялъ тавбуялъе нух кьун. Амма хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ уммат Аллагьас ﷻ кIодо гьабуна цоги умматазде дандеккун гьабизеги бигьаяб, бигьаго къабулги гьабулеб тавбу нигIматлъунги кьун. РакIбухIун, кIалалъ Астагъфируллагь абиги Аллагьас нилъее мунагьаздаса рацIцIалъиялъе бихьизабун буго. Гьединаб бигьалъи цониги умматалъе букIинчIо ТIадегIанас ﷻ кьун. Гьеб давлаги Аллагьас ﷻ нилъее жиндирго хирияв ХIабиб МухIаммадие ﷺ гIоло кьурабги буго.

ХIисаб гьабидал, инсанасул гIумру релълъуна гибигун унеб таргIида, ай жиндир рахъал щибаб сверулъ цин гъоркье, цинги тIаде кколел. Амма бищунго кIудияб талихI буго жиндаса чидае зарал ккечIого цIунун хутIизе кIвей. Кин бугониги, мунагьазулъ тIерхьарал, Аллагь ﷻ кIочон ракI биццалъарал нилъехъа гьебги ккечIого хутIуларо. Амма Аллагьасе ﷻ гIоло ният бацIцIад гьабизе, гьелдаго цадахъ лъикIалъе тавпикъги квешалдаса цIуниги ракIракIалъ Гьесда ﷻ гьаризе нилъеда тIадаб буго. ГурхIулев Аллагьас ﷻ тавпикъ кьуни, чиясухъа бажарулареб жоги букIунаро.

Цо гIалимчияс абун буго: «Аллагьасе гIибадат гьабулаго дуца гIумру тIамун батаниги, цохIо чиясул ракI лъукъараб жо духъа ккаралдаса нахъе, гьев чи тIаса лъугьинавичIого Аллагьасда цебе дуе доб гьабун тараб гIибадаталъул мунпагIат гьечIо», - ян. Кутакалда нилъ хIинкъизе ккараб жоги буго гьеб. Нилъ Аллагьас ﷻ дунялалда рижун руго хIалбихьиялъе. Гьеб хIалбихьи гьабулаго, Аллагьас ﷻ нилъеда гIемераб жо бихьизеги гьабула.

Кьурул рагIалда бижараб гъветI щибаб гьорохъе даимго хьвагIелеб букIунеб, ралъад багъаридал гама рахъ-рахъалде рехулеб гIадин, Аллагьас ﷻ гьаб гIумруялда нилъер хIалбихьаниги, кIудияб талихI буго чиясул жиндаса цогидасе зарал ккунгутIи. Амма гьеб ккунгутIиги къанагIатаб жо буго. Гьеб рахъ жеги хIинкъи цIикIкIарабги буго. Щайилан абуни, данде рецIел босизе, гьелдалъун ракI парахат гьабизе лъугьине рес бугелъул нилъ.

Нилъее чиядаса зарал щведал хирияб буго Аллагьасе ﷻ гIоло тIаса лъугьун тезе. Къаси кьижилалде цереги ракI-ракIалъ Аллагьасе ﷻ гIоло киназдасаго тIаса лъугьин цIакъ беццараб буго нилъер диналда. РакI-ракIалъ нилъехъа гьабун бажарани, цIакъ ракIалъе рахIат бачIунеб гIамалги буго гьеб. Гьедин, бацIцIадго гьеб гIамал нилъехъа лъугьунгутIи буго кIудияб балагь. Гьелъие квербакъула иблисалъ, напсаль, нилъер рекIелъ бугеб чIухIиялъ.

Кинниги Аллагьасе ﷻ гIоло гьабулеб ниятги бацIцIад гьабун, нилъеца таваккал тIамуни, лъугьунареб жо букIунаро. Аллагьасде ﷻ тIамун тейин абураб жоги буго кутакалда рахIатаб. КигIан кIудияб зарал нилъее гьабун батаниги, гьеб гьабиялъе гIиллаги бихьулев, гьеб лъугьиналъе сабабги лъалев Аллагь ﷻ вугелъул. Жиндирго лагъасухъ рецIел босулевги гьевго БетIергьан Аллагь ﷻ вуго.

ХIикматаб къиса

КIудияв вали Ибрагьим ХIакъи, гьитIинго вукIаго, витIула доб заманалъул машгьурав гIалимчи ИсмагIил Факкируллагьихье тарбияталъе. Цо нухалъ гьитIинав Ибрагьим, гулгунги босун, иццухъе лъел цIезе уна. Гьенив вукIаго, биччан чугун, цо рекIарав тIаде щола ва нахъе тIагIа цевесайинги ахIун, битIахъе васасде тIаде кIанцIизабула чу. ХIинкъарав вас къадал ракьанде къала ва кодоб букIараб гулгун гIодобе бортула. ГьебсагIат къанккун чIолареб чол малакье гулгунги ккола ва гьелъги гьеб мерхьуна. ГIодулаго гьитIинав вас рокъове тIадвуссуна ва ккаратараб мугIалимасда бицуна.

- Дуца щибго жо абунищ дов чодуласда, - ян цIехола мугIалимас.

- Щибго абичIо, мугIалим, - ан жаваб кьола васасги.

- Вилълъа хехго досда аскIовеги ун, цо щиб бугониги абе гьесда, - йинги абун, витIула гьес вас.

МугIалимас малъараб гьабизе арав васасда кIоларо дов чодуласда щибго абизе ва гьев гьанжеги нахъвуссуна.

- Абунищ щибго, - илан цIехола Факкируллагьица. АбичIин васас абидал, семун гIадин гьес абула:

- Дица дуда абулеб гьечIищ, вилълъа хехго дуего гьабуралъухь данде жо гьабун, цо рагIигIаги абизе а дов чиясда. Гурони, гьесде кIудияб балагь бачIине буго, - ян.

Ибрагьим векерун уна иццухъе, амма кватIун ккола. Доб чоца гъоркьеги реххун, малаца мерхьун хун ватула чодулав. ХIикмалъарав вас хехго тIадвуссуна мугIалимасухъе ва жиндаго бихьараб бицуна. ИсмагIил Факкируллагьица угьун биччала ва абула: «Чиясул гIумруялда багьа бащадаб гулгун», - илан. Гьесул рагIабазул магIна бичIчIичIел аскIор рукIараз гьелъул хIикмат цIехедал, гьесги абула: «Гьев чодулас зулму гьабуна Ибрагьимида. Амма гьас цо рагIудалъунги досие жаваб кьечIо. Гьев Аллагьасде ﷻ тIамун тана. Аллагьас ﷻ досдаса рецIелги босана. Цо рагIи абунгIаги Ибрагьимица гьесий жаваб гьабурабани, гьел кIиялго бащад ккелаан. Амма Ибрагьим тIуванго жинда зулму гьабуравлъун ккана. Аллагьас ﷻ зулмучиги гьалаг гьавуна», - ян.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Нухлул къанунал цIуни

Кинал ругониги балагьал рачIиндал нилъеца цоцазе кумек гьабула. Гьеб буго тIабигIияб жоги. Амма буго щибаб къойил кколеб балагь, нилъги жинде ругьунлъараб. Гьебги ккола нухазда кколел авариял. 2026 соналъул лъабго моцIида жаниб ккана 357 авария, хвана 61 чи, лъукъана 510-яв, гьезда гьоркьор руго...


Къурбаналъул гIид

ХIурматиял магIарулал, гьале тIаде щолеб буго исламалда жаниб кIудияб гIидлъун рикIкIунеб Къурбаналъул байрам.   Гьелъул аслу буго Ибрагьим аварагасдаса бачIараб. Гьебго тарих буго исламалъул щуабилеб рукнулъун бугеб хIежалъулги. Нилъер диналъул вацалгун яцал гьел къояз рукIуна хIежалъул...


Кинаб хъвелеб?

Къурбан хъвей ШафигIиясдаги АхIмадидаги Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола. АбухIанифатида аскIоб къурбан хъвей тIадаб буго шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун бугел гIадамазда. Амма АбухIанифатида аскIоб гьеб тIалъизе ккани закат бахъи гIураб бечелъи букIине ккола. «РахIматул...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


ГIарафа магIарда чIей

ГIарафа магIарда чIей хIежалъул бищун кIвар бугеб рукнулъун ккола, щайгурелъул, гьеб къо къалъаралдаса хадусеб къоялъул рогьел баккизегIан гьенив цо лахIзаталъгIаги чIечIев чиясул хIеж рикIкIунгутIиялъе гIоло. Цогидал рукнабазе цIараб хасаб заман гьечIо.   ГIарафа мегIер ва ГIарафа къо буго...