Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ ритIухълъи ва гIадлу

Аварагасул ﷺ ритIухълъи ва гIадлу

Аллагьасул расулас ﷺ гIадамазда гьоркьоб ра- щалъи кин цIунулеб букIараб?

Авараглъи кьезегIан цебе гьитIинаб къоялдасаго гьесул рекIелъ бессун букIана гIадлу ва ритIухълъи. Гьес ракIалде щвезабулаан жив гIолохъанго вугеб мехалъ къурайшияз гьабураб гIадлияб данделъи (ХIилфул-фузул) ва гьениб жиндирго гIахьаллъи ва абулаан гьеб гIахьаллъи жиндие бищун чIахIиял тайпаялъул лъикIал варанабаздасаги бокьанилан ва авараглъи кьун хадуб жив гьадинаб данделъиялде ахIани гьанжеги гьелде инаанилан абун. Авараглъи кьун хадуб илагьияб тарбияталъги гьесул гIадлу цIакъго-цIакъ камиллъизабуна, гьеб гIадлу гьесдаса тIолабго инсанияталдеги тIибитIана.

Гьес абулаан гIадамал, гьоркьоялъул гIучIал гIадин ращадал руго, гIадамал Адамидаса лъугьана, Адамги ракьудаса вижанилан. Гьес жиндир кваранаб кверлъун, хассав будунлъун ва хирияв асхIаблъун гьавуна чIегIерав лагълъун вукIарав Билал. Маккаялъул чIухIилъун бугеб КагIбаялде тIадеги вахинавун гьесда как ахIизабураб мехалъ къурайшиязул ханзаби хIайранлъун, риххун хутIана. Бадруялда асир гьарурал капурзабазухъа мухьги босун гьел асирлъиялдаса эркен гьарулел рукIана. Гьезда гьоркьов Аварагасул ﷺ инсул вац ГIаббасги вукIана.

Цо-цояз абулеб букIана инсул вац вугелъул гьев Аварагас ﷺ мухь босичIого виччан телилан. Свалат-салам лъеяв Аварагас, гьев жиндирги тIаде гIагаразулги хIакъ босун хадув гурони виччачIо, гьев ресалда вугев чи вукIиналъ. Амма чанги гIадамал, гIагарал гьечIониги, мискинал рукIиналъ щибниги босичIого риччанги тана.

Хирияс ﷺ абулаан: «Дир яс ПатIиматица цIогь гьабуни гьелъулги дица квер къотIун тамихI гьабила. Цересел гIадамал гьалаглъана гьезул къиматав чияс цIогь гьабуни гьев виччан толев вукIиналъ, мискинав, язихъав чияс цIогь гьабуни, гьесие букIине кколеб гIадлу гьабулеб букIиналъ» - абун. Унтун хадуб хвелалде цевеги гьес халкъалде цевеги вахъун абуна: «Дица цонигиясе гьабураб зарал батани, дидаса къисас босе», - ян.

Аллагьасул расулас ﷺ махсаро кин гьабулеб букIараб?

Аллагьасул расулас ﷺ асхIабзабазул ракIал лъикI гьаризе гьоркьо-гьоркьоб махсаро гьабулаан. Махсаро гьабуниги хIакъаб гурого абулароан, ва чи гIодовегIан гьавулеб махсароги гьабулароан. Цо херай гIаданалъ гьесда абуна: «Аллагьасде гьаре дун алжаналде йитIе», - ян абун. Гьес абуна херал гIадамал алжаналде унарилан. Гьей гIадан гIодизе лъугьана. Хирияс ﷺ гьелда абуна: «Алжаналде унеб къоялъ мун херго йикIунаро, гIолохъанго йикIуна», - ян. Цоги чIужугIадан ячIана гьесухъе мун дир росас ахIулев вугин абизе.

Хирияс ﷺ абуна: «Бералда жаниб хъахIлъи бугев чи гурищ дур рос?» - ян. Гьелъ абуна: «Гуро, дир росасул бералда жаниб хъахIлъи гьечIо», - абун. Цоги биценалъулъ буго гьей инеги ун росасул беразде якканилан. Хирияс ﷺ абураб хъахIлъиялдаса мурад букIана киналниги гIадатиял гIадамазул беразда букIунеб хъахIлъи. Цоги, херай чIужугIаданалъ абуна: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, дун вараниялда рекIинае», - ян. Хирияс ﷺ абуна: «Нижеца мун вараниялъул тIинчIалда рекIинайизе йиго», - ян. Гьелъ абуна: «Вараниялъул тIинчIалъ дун кин яччулей», - абун. Хирияс ﷺ абуна: «Кинабниги варани вараниялъул тIинчI ккола», - ян.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...