Аслияб гьумералде

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Гьале тIаде щолеб буго Авараг ﷺ гьавурав хирияб моцI – рабигIул аввал. Гьеб моцI бусурбабазе хирияб буго. Гьеб моцIалъ нилъеца мавлидал рачун, Аварагасул ﷺ бицун тIобитIизе жигар бахъула. Гьанибги рехсела цо-цо Аварагасул ахлакъал гьесул хьвада-чIвади, кинабго гьаниб рехсезе ресги рекъеларо ва къаламги гIеларо.

 

ТIадегIанаб тIабигIат

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго Авараг ﷺ гIемерал тIокIлъабаздалъун хасгьабуна рикIкIун хIалкIоларел. Аллагьас ﷻ Авараг тIабигIатаздалъун гIемер веццана цогидал тIокIлъабазде дандеккун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «ХIакълъунго мун, Авараг ﷺ, тIадегIанав тIабигIаталъул вуго», - ян. (Сура «ал-Къалам», аят 4).

 

ХIеренлъи

Авараг ﷺ гIадамазе бигьаяв, хIеренавлъун вукIана, кутакалда лъикI гьездехун гурхIел-рахIмуги гьабулаан. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Нужедаго гъорлъа Авараг ﷺ вачIун вуго нужехъе, нужее къварилъи ккей жиндие захIмалъулев, нуж иман лъун битIараб нухде ккезеги цIакъ бокьулев, миъминзабазда гурхIел-рахIмуги бугев». (Сура «ат-Тавбат», аят 128). Ай, нижехъе вачIана Авараг ﷺ, инсанлъиялъулъ жив нужеда релълъарав. Нижеца гьев цогидаздаса хасгьавун вукIиналъе гIоло, нужеда гурхIел гьабиялъул ретIел ретIана гьесда ва гьевги нужеда тIад тана гурхIел-рахIму бугев вукIиналъул хIужабаздалъун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие кьуна жиндирго берцинал цIарал – Рауфун ва РахIимун, гьелъул магIна ккола «ГурхIулев» абун. Жиндир лъикIлъиялъулъ Аварагас ﷺ киданиги бусурбабазда ва капуразда гьоркьоб батIалъи гьабичIо.

 

Агьлуялда гурхIел

Аварагасул гурхIел агьлуялъеги гьабулаан. Анасица абуна: «Дида вихьичIо щивниги АвараггIадин хъизаналде лъикI вукIуневлъун», - абун. Гьединго Аварагас гьезие рукъалъул хIалтIабазулъ кумекги гьабулаан.

 

Сахавалъи

Сахавалъи Аварагасул тIабигIатаздасан букIана. Аварагасул ﷺ сахавалъи букIинчIо гIадамал тIадецIаялъе, чIужуялъе, бечелъи тIаса инилан хIинкъун. ГIицIго Аллагьасе ﷻ гIололъун, ислам тIибитIизелъун ва ятимазе кумекалъе букIана.

 

КъотIи тIубазаби

Аварагас ﷺ кидаго къотIи тIубазабулаан ва жиндихъе цIунизе кьурабги цIунун, зарал ккезе течIого нахъе буссинабулаан. Гьединав гьев вукIиналъ гьесие цIар щвана «Аминун» абураб.

 

ТIаса лъугьин

ГIадамазул бищун хIалимав Авараг ﷺ вукIана, тIас лъугьине бищун бокьулев вукIана. Росу тIарада ругел унтарал чагIазухъеги зиярат гьабизе унаан.

 

Бищун хирияв

Киналниги Аварагзабазда гьоркьов бищун хирияв МухIаммад Авараг ﷺ ккола. КьучIаб рагIиялда бан 124000 азарго Авараг вуго ва гьезда гьоркьоб 314 мурсалунал руго. Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсана 25 Авараг. Нилъер Аварагасда ﷺ хадуб хирияв ккола Ибрагьим Авараг, хадув Муса, хадув ГIиса, хадув НухI, хадув Адам.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...