Аслияб гьумералде

ХIасил щиб ккараб?

ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.

 

Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие кинабго лъикI букIине бокьула умумузе. РакIчIун абизе кIола, гьитIинаб къоялдаса нахъе гьединаб гIамалалде лъимал ругьун гьарурал умумул дунял-ахираталда гьездаса рохизе руго. Аварагасул ﷺ машгьураб хIадисалда буго, лъикIаб тарбиялдаса къиматаб жо инсуца лъимералъе кьоларин абураб. Цогидаб хIадисалда буго, киниялдаса бахъараб лахIтуялде щвезегIан гIелму тIалаб гьабейилан абунги. Гьедин хIадисазда абулебги букIаго, лъимал гьитIинго лъикIаб-квешаб малъулеб мажгит-мадрасалде ругьун гьаризе ккеларищ? Гьелъие санагIалъаби щибаб росулъ чIезарунги рукIаго.

Лъимералда гьитIинго малъараб жо, ганчIида бикIараб накъищ буго. ГанчIида бикIараб гIасрабаз тIагIунареб кинниги, гьитIинго лъимералда рагIараб ракIалда чIола, лъикIаб гьабиялде гьесула.

Гьединаб гьесараб иш лъугьана Лаваша районалъул Чуни росулъа жеги школалдего унарев гьитIинав вас Муса, цогидал лъималазда цадахъ, дарсазде вачIин сабаблъун. Гьениб мугIалимас мажгит баялъул бугеб хиралъиялъул бицунеб рагIидал, гьитIинав Мусал ният ккун буго велосипед босизе данде гьабулеб букIараб гIарац росулъ балеб цIияб мажгиталъе кьезе. Рокъове щведал Мусаца, гIарац жанибе бакIарараб гъутухъги цебе лъун, жиндирго ният рокъосезе загьир гьабун буго. Цинги, босун гьебгун вачIана ва цIияб балеб мажгиталъул жавабиязухъе кьуна.

Инсан инсанлъун гьавулеб жо ккола исламияб дин, жиндилъ бугеб берцинаб тIабигIат-гIамал. ГIакъулго камиллъичIеб лъимер бугониги, Мусае гьеб берцинаб гIамал щвана эбел-инсул рокъоб лъималаздехун бугеб тIабигIаталдаса, кIиабизе абуни, ДРялъул муфтияталъ риидалил гIодоркъояз лъималазе рихьизарурал диниял дарсазда гIахьаллъи сабаблъун.

Аллагьас нилъер лъимал лъугьаги берцинаб тIабигIат-гIамал чорхолъ бессараллъун.

 

Салим ХӀайбулаев, Чуни росдал имам

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...