Аслияб гьумералде

ИгIтикаф

ИгIтикаф

«ИгIтикаф» абураб гIараб рагIул магIна ккола цо жоялда тIадчIей гьаби абураб. ШаргIалда абуни гьеб ккола хасаб нияталдалъун, пуланав чияс хасаб бакIалда, хасаб чIей гьаби.

 

ИгIтикафалъул хиралъи бицун рачIарал гIемерал хIадисал руго. Гьездасан ккола Аварагас ﷺ бицараб хIадис: «Щив чи вугониги диналъул вацасул хIажат тIубазе ун, гьеб лъикIаб буго гьесие къого соналъ игIтикаф гьабиялдаса. Аллагьасул ﷻ разилъиги тIалаб гьабун, цо къоялъ игIтикафалда чIарав чиясдаги жужахIалдаги гьоркьоб Аллагьас ﷻ лъабго хандакъ гьабула».

Аварагас ﷺ абуна: «Рамазан моцIалъул анцIго къоялъ игIтикаф гьабурав чи кIиго хIежги кIиго гIумраги гьабурав чиясда релълъун вуго». ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Лайлатул къадриялъул сордоялъ иманги лъун, кириги тIалаб гьабун, игIтикаф гьабурав чиясул церехун арал мунагьал чурула», - абун (Дайлами).

ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ хвезавизегIан Авараг ﷺ рамазан моцIалъул ахирисеб анцIго къоялъ игIтикафалда чIолев вукIана. Гьев хун хадуб гьесул лъудби чIолел рукIана», - ян (Бухари, Муслим).

 

Суал: Цо чи мажгиталде лъугьани ва ният гьабизе кIочани, какилъ гьабизе бегьулищ гьес гьеб?

Жаваб: РакIалъ гьабизе бегьула, кIалалъ гьабуни, как батIуллъула.

 

 

СултIанмухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...