ХIадурлъи гьаби
Рамазан моцI ккола гIицIго квана-гьекъеялдаса рикIкIад чIей гуребги, рухIияб сапар, Аллагьасдехун ﷻ бугеб нухда хIалбихьиялъул борч. Бокьараб кIвар бугеб сапаралъе къваригIунебго гIадин, гьелъиеги хIажалъула мухIканаб хIадурлъи. Бичасул Аварагас ﷺ ва гьесул асхIабзабаз байбихьулеб букIана гьеб тIаде щвелалдего хIадурлъи гьабизе.
РухIияб ва жанисеб рахъ къачIай
РухIияб ва жанисеб рахъалдалъун къачIан рукIин буго киналъего аслу, жиб загIиплъани цогидалъ гIемерго пайда кьолареб. Гьединлъидал, бищун тIоцебе гьабизе ккола тавбу ва ракI бацIцIад гьаби. Гьелъул аслуги, цере гьарун арал мунагьазул къварилъигун рамазан моцI кIодо гьабизе лъугьин захIматаб жо буго, унго-унгояб тавбу гьабун гIибадаталъе ракI рагьи рамазаналъул нур эхебе биччазе жанисеб рахъ гIатIилъи. Гьеб кин гьабилеб абуни, чияс жиндирго ишазул хIисаб гьабила, Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьаян гьарила, хасго тавбуялъе рихьизарурал лапсал такрар гьарун, истигъфар гьабила, устарасул тIадкъаязде хасаб кIвар кьела. Цогидазда хурхун ккарал гъалатIал ритIизарила, налъаби рецIила, ццим бахъинабураздаса тIаса лъугьаян гьарила, гIагарлъиялъулгун бухьен кквела.
КIиабизе, кIвар буссинабила Аллагьасул ﷻ Калам – Къуръаналде. Рамазан ккола Къуръан жиндилъ рещтIараб моцI, гьединлъидал, гьеб бачIиналде гьелъие ракIгун черх хIадур гьаби букIине ккола бищун цересезул кьерда. Заман батун такрар гьарила гьеб цIалиялъул къагIидаби, рес рекъон хьвадила мугIалимасухъе. Къуръаналъул магIнабазул тафсирал лъалесеги беццараб буго гьелъул баянал цIализе. Жеги рекъараб буго цIиял сураби яги аятал рекIехъе лъазаризе, жал таравихIаздагун тагьажуд каказулъ цIализе.
Цоги, рекъараб буго тIаде цIикIкIинарун суннатал какалгун хасал дугIабигун тасбихIал цIализе лъазаризе. Гьедин гьабиялъ кумек гьабула таравихIал ралелъул черх лъадарараблъун букIине ва хириял гIужаз Аллагьасде ﷻ ахIун, жиндирго хIажатал гьаризе, рамазан бугелъул гьарарасул дугIа къабуллъулеб моцI.
Лъай тIалаб гьабиялъулаб хIадурлъи, ай кIал кквеялъулгун биччаялъул къагIидаби цIали. Гьебги ккола сунца кIал биххулебали ва биххуларебали, кири сунца цIикIкIинабулебали ва мукъсанлъизабулебали лъай, сапаралда ругезегун унтарал чагIазе бегьизарурал рухсаби, риччарал кIалазухъ гIакIа ва гьел рецIиялъул масъалаби.
Лугби ва хIалбихьиялъулаб хIадурлъи
Черх буго гIибадат гьабиялъе бугеб тIагIел. Гьебги хIадур гьабизе ккола рамазан моцIалде.
Дагь-дагьккун ругьун гьабун. ГIадатияб низамалдаса кIал кквеялде циндаго руссиналъ захIмалъи ккола. Гьединлъидал, рамазан моцI тIаде щвелалде, цересел къояз байбихьила радал кванил заман цебе бахъун, гIадатго кваналелъул къадар дагь гьабун. Гьедин гьабиялъ кумек гьабула черх лъадарараблъун букIине.
Макьуялъе низам чIезаби. Рамазаналъ хисизабула цебеккун гьабулеб букIаралъул тартиб. Гьелъ, цIакъго-цIакъ рекъараб буго боголил как бан хадуб, кватIизегIан чIечIого, кьижизе. Рогьалилъ хехго тIаде рахъине бигьалъизе. Гьедин гьабиялъ бигьалъизабила сухIур гьабизе рахъине ва къад заманалъги тириго рукIине.
Сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул сияхI гIуцIи. Цере кваналел рукIинчIел, цIиял, хIадур гьаризе захIматал квенал ургъунгутIи. ЛъикIаб букIуна гIадатиял, сахлъиялъе пайдаял ва халатаб заманалъ гIорцIигун къуват кьолел кванил нигIматазде кIвар кьезе, гьел хIадур гьаризе.
Социалиябгун рукъалъулаб хIадурлъи
Хъизан-лъималгун цадахъ щибаб къойил гьабизе бугелъул хIакъалъулъ дандбай. СухIуралде рахъин, ифтар гьаби, какал цадахъ рай, Къуръан цIали гIадал гIамалал. Гьединго, рукъалъул хIалтIабиги щивасда тIад рикье. Ифтаралде хIадурлъиги цогидаб гьабулеб хIалтIиги цо чиясде тIаде ккечIого букIине.
ХIалтIи, цIали гIадал ишазул тадбир гьаби. Рес рекъон, къойил гьабулелъул захIматал гIадал хIалтIабигун масъалаби, чорхол къуват цIикIкIун бугеб, къоялъул тIоцебесеб бащалъиялъго гьарила. Хасго рамазан моцI тIаде щвелалде гьарун тIуралел масъалаби ругони, гьел цереккунго гьарун лъугIизарила, гьеб моцI гIицIго гIибадаталде буссинабизелъун.
Цадахъ ругезул ракI холеб, данде кколареб хабар гьабиларо.
Садакъа ва лъикIал гIамалал гьари. Гьелъие бугеб ресалдаса хасаб бутIаб бихьизаби, кин ва лъие кумек гьабизе рес букIунебали къалмиде босун, щибаб къоялъе кколедухъ сияхI гьабила.
ГIибадат гьабиялъул къагIида
РухIияб рахъ цIикIкIинабун, гIибадат гьабиялде кIвар кьела.
ГIуцIила щибаб къойилаб план, гьабизе бугелъул хъвай-хъвагIай гьабила.
- СухIуралдаса хадуб: рогьалилъ какал, Къуръан цIали.
- Радал: хIалтIи-цIали, нухдасан унаго зикру-тасбихI, гьарулел вирдал лъугIизари.
- Къад: щибаб как (суннаталгун) гIужда бай, гьебги жамагIатгун, ва рогьалилъго гIадин заманги чIезабун Къуръан цIали, вирдал гьари.
- Ифтаралда цебе: кIал биччазе хIадурлъи гьаби, биччалелъул хасаб дугIа цIали.
- Ифтаралдаса хадуб: маркIачIул как, бигьаяб къагIидалда кванай, цинги боголил ва таравихIазул какал (мажгиталда ялъуни рокъоб лъимал-хъизангун).
- Къаси: Къуръан цIали батаниги хадусеб къоялъул тартиб гIуцIи бугониги бигьаяб къагIидалда рахIат гьаби.
Гьедин тартиб цIунун гьабулебщинаб цIикIкIун гьаби лъикIаб буго, зама-заманалда гьабулеб гIемералдаса. Гьабулебги, Аллагьасе ﷻ гIоло абун тIубазабе. Сундулъго букIа шаргIалда бегьизабураб гьабизе абураб къасд, гьедин гьабураб щибаб иш гIибадатлъун лъугьуна.
Сундего машгъуллъичIеб эркенаб заманги хIажат гьечIеб бицун, гьабун тIобитIунгутIи. Гьабулебги, чорхол тату холедухъ, захIмат бихьизабун гуреб, эркенго гьабила.
Биччанте гьаб моцIалъ нилъер мурад, гIицIго паризаяб кIал кквезе абун гуреб, гьелдалъун нилъер гIамал-хасият, рукIа-рахъин лъикIаб рахъалде хисараблъун букIине.
БетIергьанас ﷻ къабул гьабеги нилъеца гьабураб лъикIаб хIадурлъи ва ресги кьеги рамазан моцI бищунго лъикIаб хIалалда тIобитIизе! Амин.