Бицунелда хадуб халккве
НекIсиял египеталъулазул букIун буго хвалда хурхун абулеб берцинаб рагIи: хварал чагIи Алжаналъул кавабахъ ратаразда дандчIвайдал гьезие кьолеб букIун буго кIиго суал, цинги гьезул жавабазда рекъон, хIукму гьабулеб букIун буго Алжаналде лъугьине гьезие ихтияр кьелищ яги кьеларищ абун: «1) Батанищ дуда гIумруялъулъ рохел? 2) Дур гIумруялъ цогидазе рохел кьунищ?» - абун.
Вагьб ибну Мунаббагьица бицун буго: «Цо нухалъ дица Аллагьасул Расуласда ﷺ гьикъана: «Я Бичасул авараг ﷺ. Сундаса Аллагьас ﷻ Алжан бижараб?» - абун. Гьес ﷺ жаваб кьуна: «Алжан лъедаса бижараб буго. Гьелъул цо кирпич буго меседил, цогидаб гIарцул, цоцада гьел хурхинарунги руго мускусалдалъун. Гьелъул ракь буго шафраналъул. Гьелда жанир ругел ганчIал руго жавгьар-якъут. Алжаналде лъугьарав чиги батIи-батIиял нигIматал жиндие насиблъарав вуго. Гьениве лъугьаравги я холаро, я херлъуларо, абадиялъго гьенив хутIила», - абун.
Алжан буго Аллагьас ﷻ рижарал жалазул тIадегIанаб бакI ва макъамги ГIаршалда гъоркь бугеб. ГIумар-асхIабасул васасдаса бачIараб хIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «ТIадегIанав Аллагьас Алжан бижун хадуб гьелда абун буго дуца мунго берцин гьабун къачIай абун. Цинги Алжаналъ жибго жинцаго берцин гьабуна къачIана. Гьелда жанир загьирлъана гьацIул, рахьдал, лъел, камфоралъул гIорал, гьединго, Салсабил абураб ицц. Цинги гьелда рихьизаруна ГIарш, Курс, Алжаналъул хIурулгIинзаби ва ретIел. Хадуб БетIергьанас ﷻ гьелда абун буго «Бице», - абун. Алжаналъ жаваб гьабуна: «Дихъе щварав талихIав вуго», - ян. Гьеб мехалъ БетIергьанас ﷻ абун буго: «Дир КIодолъи-ТIадегIанлъиялхIаги, духъе щвезе гьечIо микьго тайпа гIадамазул. Дур агьлулъун вукIинаро: хIарамаб жо гьекъолев, зиначи, мацIихъан, даюс, зулмуялдалъун цоцазул хурхен тIезабулев, нахъегIанав, хIалихIатав (чIужугIаданалда релълъенлъи гьабулев), гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи хвезабулев ва «АллагьасхIаги, дица гьадинабги гьадинабги жо гьабизе бугин абулев, хадуб жиндирго гьедиги хвезабулев чи», - ян абун.
Алжаналде лъугьине гьечIин жидер хIакъалъулъ БетIергьан ﷻ гьедараздасан руго мацIихъабиги, нилъеда лъала кинаб зарал мацIихъабаз халкъазда гьоркьоб гьабулебали ва щиб питна гьезул кIал сабаблъун лъугьунебали. Аварагасул ﷺхIадисазда, Къуръаналъул аятазда гъибат-бугьтан, мацI гьабулезул хIакъалъулъ бачIараб гIемер буго, махIниги лъикIаб гьезие ахираталда бугин букIунаро.
МацI гьабиги рикIкIуна чIахIиял мунагьаздаса, жинца живго гьабуравги цинги жамгIиятгоги хвезе гьабулеб. Гьелъул мунагьги буго тIаса ккезабизе ккани гIицIго тавбу гьабун тIубалареб, хIажалъула жиндир хIакъалъулъ мацI гьабурав тIаса лъугьинави. ХIадисалда хирияв Аварагас ﷺ абулеб буго: «Зина гьабурав чияс тIаса лъугьаян гьарани, Аллагь ﷻ тIаса лъугьуна. Амма мацI гьабурав чи тIаса лъугьун гурони БетIергьан тIаса лъугьунаро» (ТIабарани). Ахираталдаги гьезие кIиго талихI къей щола. Цо - жиндирго мунагьалъухъ гIазаб щвей, кIиабизе - жиндаса мацI гьабурас уна гьесул лъикIал гIамалал, жазаъ хIисабалда.
Абу Гьурайратица бицунеб буго (цо нухалъ) Аллагьасул Расулас цIеханин: «Нужеда лъалищ чIового хутIарав (банкрот) щив кколевали?», - абун. АсхIабзабаз жаваб гьабуна: «Нилъеда гьоркьов чIового хутIарав ккола я гIарац я магIишат гьечIев чи», - абун. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ абуна: «ХIакъикъаталдаги дир умматалдаса чIового хутIарав ккола Къиямасеб къоялъ как, кIал, закагIатгун вачIарав, амма гьелдаго цадахъ гьес гьав цояв хIакъир гьавуна, дов цоясда бугьтан лъуна, лъабабилесул зулмуялдалъун мал-мулк кванана, вухана, би тIуна. Гьеб мехалъ гьесул лъикIал гIамалал кьезе руго гьезие. Гьесул лъикIал гIамалал лъугIани, дол чагIазул мунагьал рехизе руго гьесде ва гьев витIизе вуго тамихI гьабун жужахIалде», - ян (Муслим, Абу Давуд, Тирмизи).
МухIаммад аварагасда ﷺ, ЖабрагIил малаикгун МигIражалъул сордоялъ унаго, гьесда бихьизабун буго Алжан-жужахI, анкьалго зобал-ракьал ва батIи-батIиял гIаламатал. Жеги рихьизарун руго гIадамал, жидее гIажаибал гIазабал гьарулел. Гьедин рихьаразда гьоркьор рукIун руго жидер маххул малъал ругелги, цинги гьел малъаздалъун жидерго гьурмалги хъарсулел. Гьел щалин Аварагас ﷺ цIехедал, ЖабрагIил малаикас жаваб кьун буго гьел ругин мацI гьабулел рукIарал гIадамалин абун.
Ибну ГIабасица бицараб хIадисалда буго, цо нухалъ кIиго хабада аскIоса унаго Аварагас ﷺ абунин: «Гьав кIиясего гIазаб гьабулеб буго, гIазабги гьезие кIудияб гуреб мунагьалдалъун буго, амма кIиясулго мунагь абуни захIматаб буго. Гьезул цояв вукIана мацI гьаби тIибитIизабулев», - ин (Муслим). ХIадисалъе баян гьабулаго гIалимзабаз абун буго, кIудияб гуреб мунагьалдалъунин абуралъул магIна букIанин гьезда жидедаго гьеб мунагь гьитIинаблъун бихьи абураб.
Аллагьасе ﷻ бищун вокьуларев чиги вуго мацI гьабулев. БетIергьанас ﷻ цIунаги гьеб квешаб гIамалалдаса! Амин!