Аслияб гьумералде

ГIадатияб суннат

ГIадатияб суннат

Нилъеца гIемер бицуна как баялъул, кIал кквеялъул, садакъа кьеялъул хIакъалъулъ. Амма, гьелдаго цадахъ, дин буго гьитIинал жалаздасанги кIодолъулеб. Гьединал ишаздасан буго цоцаздехун гьумер битIун ралагьи, гьими, данде ккедал квер бачин. Гьаб лъабабго жо гIадатияб, кIварго гьечIеб жолъун бихьулеб буго ахираб заманалда. Аварагас ﷺ абун буго цоцазе гьими садакъа бугин, квер бачин – мунагьал чури, цоцаде берцинаб балагьи гьаби - иманалъул матIу кколин абун.

 

Бечелъиялда хъвачIеб садакъа

Тирмизиясдасан бицараб хIади-салда Аварагас ﷺ абун буго: «Диналъул вацасдехун гьими дуе садакъа буго», - ян. Гьелъ буго гьими жиндихъ ажру хIасуллъулеб гIибадаталъул даражаялде бахунеб. Гьими ккола цоцазул ракIал рагьулеб кIул. Гьеб буго рухIияб лъикIлъи, рекIел аваданлъи гьурмада загьирлъи. ГIалимзабаз абула гьимиялъ лъаларел гIадамазда гьоркьоб букIунеб рикIкIад чIей бахъулин абун.

Аллагьас ﷻ инсан вижарав вуго гьурмахъ балагьун жанисеб хIалалъул асар бичIчIизе кIолевлъун. Амма, гьедин бугониги, исламалъ нилъ ахIула ракIал къваридго ругеб мехалъги гьимиялде, щайгурелъул, гьеб кколелъул чиясул гIамал-хасият куцалеб жо. Пашманав чи вуго кьогIаб пихъ гIадав, гIадамал гьесдаса рикIкIад чIола. Гьимулев муъминчи абуни вуго нухлулазе рагIад кьолеб гъотIода релълъарав. Гьимиялъ хъизамалдаги, хIалтIудаги, жамгIияталда гьоркьобги бугеб хIалуцин бигьа гьабула, вацлъиялъулаб ахIвал-хIал бижизабула.

 

Квер бачин - мунагьал чури

Аварагас ﷺ абуна: «КIиго бусурбанчи дандчIваларо ва кверал росуларо, ратIалъизегIан гьезул мунагьал чурулел рукIун гурони», - ян (Абу Давуд). Гьеб буго суннатаб гIамал. Лугбуздалъун цоцазулгун бухьен гьаби гуребги гьеб ккола цояс цояв жинда божилъи бугев чи абун ритIухъ гьавиялъул ишги. Унго-унгоял муъминзабаз цоцазул квер бачиналъул лахIзаталда гьез рагIи кьола: «Мун дир вац вуго, дун дур вац вуго, нилъеда гьоркьоб гьереси яги махсаро гьечIо», - абунги.

Психологияб рахъалъул цIех-рех гьабулез баян гьабун буго, кIигояз ракI разиго квер бачиндал гьезулъ цIикIкIунин цоцаздехун божилъиялда хурхараб окситоцина абураб гармоналъул даража. Квер бачиналъ гьоркьоса бахъула цоцаздехун гьогьоми, гIиси-бикъинаб дандеккунгутIи. ГIицIго рагIабаздалъун кIалъан бухьен гьабиялдалъун букIаралдасаги цIикIкIун ракIал гIагар гьарула.

 

Иманалъул матIу

Нилъер диналъулъ хасаб бакI ккола лъикIаб, гурхIел-рахIмуялъулаб, берцинаб рокьиялдалъун гьабураб бербалагьиялъ. Гьебги ккола лъикIаб гIамалалъул гIаламатлъун гуреб, ракI бацIцIад гьабулеб, Аллагь ﷻ разилъи цIалеб, гIадамазда гьоркьоб рокьи щула гьабулеб гIибадаталъул къагIида. Берал руго рекIел нуцIби.

КIалъа-басаялъул заманалда беразухъ балагьиялъ бихьула чиясул ракIбацIцIалъи ва божилъи гьабизе бегьи. Аварагас ﷺ чиядехун кIалъай гьабулелъул тIолабго черх гара-чIвари гьабулесдехун буссинабулеб букIана ва гьезул жиндие бугеб кIвар бихьизабулаго, гьезухъ балагьунги чIолаан. Аварагас ﷺ гьеб гIицIго насихIат хIисабалда гуро гьабизе малъулеб букIараб, гьесулъ ﷺ гьеб гIумруялъго цIунараблъун букIана.

Дандиясухъ рокьигун балагьараб мехалда гьелъ иманалдалъун гIагарлъиялъул бухьеналги щула гьарула.

Амма жиндие махIрамиял гурел чагIаздехун цIунизе кколеб хIакъалдаса тохлъизе бегьуларо.

Гьединго, дандиясда берцинаб гьимиги бихьизабун бегьуларо кIигьумерчилъи хIазе. Гьеб мехалъ гьимиялъулги, квер бачиналъулги, бербалагьиялъулги къуват лъугIула.

Аллагьас ﷻ нилъер гьими гьабеги садакъалъун, кверал рачин - мунагьаздаса рацIцIалъилъун, балагьараб аваданаб бербалагьи - рацIцIадал ракIазул гьумерлъун! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...