Аслияб гьумералде

ГьитIинабги кIодолъула

ГьитIинабги кIодолъула

АлхIамдулиллагь, гIурхъи рахъ лъалареб щибаб рецц БетIергьан Аллагьасе ﷻ, гьалщинал нигIматал нилъее кьурав. Кинха рецц гьабилареб, цебе букIаралдаса жакъа къоялде Аллагьас ﷻ кьун ругел нигIматал лъалаго цIикIкIунел ругелъул. Гьеб халлъулеб буго дагьал церегIан къояздаги вихьарав чи кIиабизе дандчIвалалде магIишат-яшав бугониги, цогидаб иш-пиша батаниги дандебилълъун ватидал. Гьелъухъ гьабизе ккеларищ шукру?

 

Шукру гьабизе лъайги ккола тIадегIанал макъамазул цояб. Аллагь ﷻ разияб хIалалъ, Гьесул ﷻ нухги ккун нилъеда хьвада-чIвадизе лъани, БетIергьанас ﷻ питнаби, рагъ-кьал нилъеде риччаларо. ТIадегIанас ﷻ Къуръаналда абун бугеб кинниги (магIна): «Нужеца нужее кьуралда шукру гьабуни, Дица нужее жеги тIаде цIикIкIизабичIого теларо…», - ян (суратул «Ибрагьим», 7 аят). Амма бугелде шукруги гьечIони, гьеб нилъерго гьунаралдалъун яги живго хIалтIун щолеб жо бугин ккун чиясулъ чIухIи, хъантIи гIадал тIабигIатал раккулел ругони, Аллагьас ﷻ гьеб нилъехъ толаро. Гьелъ, ругел нигIматазе шукру гьабизе ккола кидаго. Шукру гьаби бугелъул нигIмат нахъе хутIиялъеги тIаса иналъеги сабаблъун. «Ибрагьим» сураялда рехсараб аяталъул хадуселда абулеб буго Аллагьас ﷻ: «Нужеца шукру гьаби тани, Дир гIазаб кутакаб буго», - ян. Жеги Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «ГIадамазда цIоб лъей кутакав вуго Аллагь ﷻ, амма гIемерисел шукру гьабуларел руго», - ян (суратул «Гъафир», 62 аят).

ГIемерисеб мехалда кинабго жо гIадатлъун бихьун рукIуна нилъ. Пикру гьабе, кинаб бугониги балагь-къварилъи бачIиндал, букIа абе гьеб нилъеде щвараб яги цогиязде бачIараб, байбихьуда гIажаиблъун рукIуна. Амма заман арабгIан киналдего ругьунлъун ккола. Кинаб хIал тIаде бачIаниги кIочене бегьуларо гьеб Аллагьасул ﷻ къадар бугеблъи ва рукIине ккола бихьаралда сабругун, бугелде шукругун.

Шукру гьабулеллъун рукIи-налде ахIула нилъ Аварагасул ﷺ суннаталъги. Къаси вегизе вахунелъул гьес ﷺ цIалулаан хасаб дугIа, цинги ворчIидал шукруги гьабун, абулаан: «Аллагьасе ﷻ рецц буго ниж хун хадур чIаго гьарурав…», - абун (Бухари).

Кьижун хадур тIаде рахъиндал чорхое щола цIияб къуват, хадубккун гьабулеб ишалъе тирха-кIичи, гьебги гьечIищ Аллагьасул ﷻ рахъалдасан нилъее бугеб нигIмат?!

Щибаб къоялъ нилъеца мунпагIат босулеб жоялъул халги гьабун пикру гьабе, чан жо Аллагьас ﷻ кьун бугебали. Гьеб гьечIищ нилъее унго-унгояб бечелъи. ХIадисалда буго: «Щибго жиндие хIинкъиги гьечIого макьидаса ворчIун, гьеб къоялъ жиндие гIураб рикъзиги Аллагьас ﷻ кьун вугев чи тIубараб дунялалъулго бечелъи жиндие кьурав кинниги вуго», - ян (Бухари).

ШайтIаналъ хIаракат бахъулеб жо буго нилъ Аллагьасдаса ﷻ машгъул гьари, нилъехъ бугеб дагьаблъун бихьун, кидаго рази гьечIеллъун лъугьинари. Гьединаб гIамалалдаса цIуни гьарун Аварагас ﷺ гIемер такрар гьабулеб букIана: «Жив гьаб нигIматалдаса махIрум гьавуге», - ян. ГIали-асхIабасдасан бицун буго: «Нужехъе Аллагьасул ﷻ нигIматаздаса цо бутIа щведал, шукру гьаби дагьлъизе тун, нужеца хадуб бачIинесеб нахъе хъамуге», - ян. Кинаб къагIидаялда нилъеца шукру бихьизабилебин абуни, кигIан гьитIинаб батаниги Гьес ﷻ кьун бугеб кIочон тунгутIи, гьеб бихьи.

Шукру гьаби гIалимзабаз бикьун буго чанго даражаялде. Гьезул тIоцебесеблъунги рехсолеб буго шукру ракIалъ гьаби. Гьединаб шукруялъул хIакъикъатги бугин баян гьабулеб буго ракIалдалъун чIванкъотIараб божилъи букIин киналниги нигIматал гIицIго Аллагьас ﷻ кьун, Гьесул ﷻ цIобалдалъун ругеллъун рихьи, цинги ракIги Гьесда ﷻ хурхин. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Кинабниги нужехъ бугеб нигIмат Аллагьасул ﷻ цIобалдасан буго», - ян (суратул «ан-НахIл», 53 аят).

НигIматал руго рихьулелги рихьуларелги. Жиндие рецц-бакъ, шукру гьабизе мустахIикъазул БетIергьан ﷻ гIадавги цонигияв гьечIелъул, дол даражабазул кIиабилеблъун рехсон буго шукру мацIалдалъун гьаби. ГIабдуллагь ибну Гъанама ал-Баязидасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Радал тIаде вахъиндал жинца «Аллагьумма ма асбахIа би мин нигIматин фаминка вахIдака ла шарика лака фа-лакал хIамду ва лака шшукру» абун щив чи вугониги, гьес гьеб къоялъухъ шукру гьабуна. Къаси гьел рагIаби абун щив чи вугониги, гьес гьеб сордоялъухъ шукру гьабуна», - ян. Гьел рагIабазул магIна: «Я дир Аллагь ﷻ! НигIматалдасан дие щвараб гьеб кинабго Дудасан буго, Мунги вукIун вугеб хIалалда Цогояв, Жиндие гIахьалчи гьечIев, Дуе буго кинабго рецц ва шукру».

Лъабабилеб даража - гIамалалдалъун шукру загьир гьаби. Гьебги, ругел нигIматал хIалалаб нухалдалъун кколелъур хIалтIизари. ХIажалъи ккаралъуб нигIмат хIалтIизабиги захIмалъизе бегьуларо чиясе. Аби буго боцIи-мал бугин нилъеца кьунагIан тIаде бачIунеб жоян. Кьолев чиясда гьеб лъазеги лъала. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца Дун рехсе, Дица нужги рехсела, Дие шукруги гьабе», - ян (суратул «Бакъарат», 152 аят).

Аллагьас нилъ рехсей букIуна нигIматал кьун, бугелда баракат лъун, ялъуни балагьал нахъчIваялдалъун.

Аллагьасе ﷻ шукру гьабиялдаго цадахъ кIочене бегьуларо лъикIлъиялъе сабаблъун ругезе баркала загьир гьабизеги. ХIадисалда буго: «ГIадамазе баркала кьоларев чияс Аллагьасеги ﷻ шукру гьабуларо», - абун (АхIмад).

Абу-Насрица бицун буго: «Адам аварагас абун буго БетIергьанасда: «Я Рабби! Дуца дун машгъул гьавуна кверзул пишаялде. Дуца дида малъиларищ хIамдалгун тасбихIал жанире рачараб?» - абун. Гьеб мехалъ Аллагьас ﷻ гьесде вахIю гьабун буго: «Я Адам! Радалги къасиги дуца лъаб-лъаб нухалъ абе: «АлхIамдулиллагьи рабил гIаламин хIамдан ювафи нигIамагьу ва юкафиу мазидагьу», - абун, гьеб буго хIамдалгун тасбихIал жанире рачараб», - илан.

Нилъее кьурал нигIматазе букIине кколеб хIалалъ Аллагьасе ﷻ шукру-рецц гьабулездасан гьареги нилъ Гьес ﷻ.

 

ахIмад къурбанов

 

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.