Аслияб гьумералде

АсхIабзабазул Аварагасда ﷺ нахърилъин

АсхIабзабазул Аварагасда ﷺ нахърилъин

АсхIабзабазул Аварагасда ﷺ нахърилъин

АсхIабзаби рукIана Аварагасда ﷺ цIикIкIун нахърилъарал чагIи ва гьесдаса мисалги босарал.

 

Нафвал Хузалияс бицана: «ГӀабдурахӀман ибн ГIавф вукӀана нижер лъикIав гьалмагъ. Цо къоялъ гьес ниж рокъоре ахӀана. Нижеда цебе лъола чед. Цинги гIодизе лъугьуна, хвезегӀан Аллагьасул аварагасги ﷺ гьесул хъизамалъги гӀорцӀизегӀан ролъул чед кваначIинги абун. ТIадеги жубала, жинда кколин нилъее гьадин гьарзаго нигIмат кьеялъ щибго лъикIлъи гьабиларин абун».

Анас ибн Маликица бицана, Аллагьасул Расуласухъе цо-кӀиго чамасдакI бачIанин. Жинда Аварагги ﷺ вихьанин гIемер вакъиялъ рухI гьечIого, цо рахъалда мугъги чIван, гьеб кваналев.

Аварагас, ТӀадегӀанав Аллагьас кьолелдасан гIураб жидеегоги тун, хутIараб садакъаде кьолеб букIана.

Бицуна Авараг ﷺ радал кванани, къаси кваналароанин, къаси кванани, радал кваналароанин абун.

ГӀабдурахӀман ибн ГIавф хӀинкъун вукӀана гьел нигӀматал лъикӀлъиялъе рачӀарал ратуларинги абун. Щайгурелъул, Аварагги ﷺ кӀудияб къварилъиялде ккараб заман букIиндал. Нилъ гьединищ тезе ругел? Жеги гьелъул магӀна ккола, киналниги нигӀматазул жаваб кьезе нилъеда тӀадаб бугин абураб. Щайин абуни, гьездаса цIикIкIун нигIматал нилъехъ рукIиналъ. Гьел жеги хӀинкъун рукӀана гьел нигIматаз жал ТӀадегӀанав Аллагьасдаса ﷻ машгъул гьарилин абун. Гьединлъидал асхӀабзаби хӀинкъулаан кӀудияб бечелъиги нигӀматги щварасда, ахираталда гьев (Алжаналда) гӀемерал нигӀматаздаса махӀрумлъизе гурин абун.

Авараг ﷺ къойида жаниб цо нухалъ кваналаан гӀибадат гьабизе къуват букIине. Щайгурелъул ракъун рукIаго гIибадат гьабизе бигьалъула, амма цӀураб чехьалъ чи кӀвахӀал гьавула. Аварагас ﷺ квен кьолаан цӀикӀкӀун хӀажалъаразе. Гьединлъидал Авараг ﷺ вакъун чIолаан гIемерисеб мехалъ, гьебги букIана жинцаго тIаса бищараб пиша.

Дагьаб къадаралда квен кванаялъул гӀемерал пайдаял руго: гьелъ ракӀ хӀерен гьабула, пикру гьабизе бигьалъула, квербакъула унтаби рачахъиялъе. ГӀемерисел унтаби рукIунелъулха цӀикӀкӀун кванаялдалъун ккарал.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...