Аслияб гьумералде

Цоцазулъ лъикI ругони...

Цоцазулъ лъикI ругони...

Цоцазулъ лъикI ругони...

Бусурбабазда гьоркьоб жахIдаги, хIусудги, цоцаздехун мекъаб бербалагьиги, рокьукълъиги ва цоцазе зарал ккезе бокьунги бугони, цогидасе лъикIлъи щвей рихунебги батани, гьеб бакIалда рахIматалъул къатIра букIунаро. РахIмат гьечIеб бакIалда динги букIунаро.

 

Арагас ﷺ абун буго Абубакар-асхIабасда, ворегийинха дуца бусурбабазул щивго чи хIакъир гьавугейин, гьеб Аллагьасда аскIоб кIудияб жо бугин. Нилъеца салам кьолев, как балев чи, иманалъул рахъалъ кигIан загIипав ватаниги, хIакъир гьавизе бегьулеб гьечIо. Щайгурелъул, инсан вачIинахъего вацIалъуларо, камиллъуларо.

ГIибадаталъул байбихьи чиясул рияалдалъун букIунеб буго. ВачIинахъего эбелалъ чи камилав, вацIцIадав, тIубараб гIакълу-гIелмугун гьавун вукIунарелъулха. Эбел-инсудаса хIинкъун, гIадамаздаса нечон какде, мажгиталде вачIине кIоларого вукIуна чанги чи байбихьуда. Цинги гьедин гьабулаго-толаго вачIуна камиллъиялде, вацIалъиялде.  Гьединлъидал, нилъ цоцаца инжит, хIакъир гьаризе бегьуларо. Щайгурелъул, вижулъанго камилав чи вукIунев ватаниги, цIакъ къанагIат вукIуна. ХутIаралщинал чагIи рукIуна мунагьалдеги кколел, гIибадаталъулъ жагъаллъиги букIунел. Гьедин букIунин абун гьел инжит гьаризе, нахъасан гаргадизе ихтияр гьечIо.

Бусурбанчи, кинав ватаниги, нилъеца исламалъул адаб гьабун, бусурбанчиясул хIурмат гьабун, диналъул маслихIат бугеб куцалда рекъезабизе ккола. Диналда жаниб халгьабизе ккола загьираб, берда бихьулеб рахъалъухъ. РекIелъе рехун рачIунел шайтIаниял пикраби дорегIан тезе ккола. Бусурбанав диналъул вацасдехун квешаб пикру аскIобе биччазе бегьуларо. Гьесулъ нилъер ракI рекъечIеб жо халлъани, лъабкъоялда анцIго гIузру бачине ккола. Гьедин абулеб буго нилъеда аварагас ﷺ, ай бусурбанлъиялъул асар бугев чи хIакъир гьавугейилан.

Аллагьасул ﷻ дин ккун, аварагасул ﷺ нух ккун, сабруялда, цоцазул адаб-хъатирги гьабун, диналъул вацлъиги цIунун рукIин нилъее лъикIаб буго. Аварагасул ﷺ хIадисалдаса босун Сайфулагь-къадияс (къ.с.) хъвалеб буго: «Нужеца лъабго жоялъул адаб-хIурмат гьабе. Гьеб лъабабго жоялъул адаб-хIурмат гьабуни, нужеда дунялги динги данде билълъина, кIиябго рукъалда талихI букIина. ГьабичIони, дунялги динги данде багъила, кIиябго рукъалдаса талихIги къина.

ТIоцебесеб, исламалъул хIурмат гьаби. КIиабилеб, аварагасул ﷺ хIурмат гьаби. Лъабабилеб, аварагасул агьлул байталъул, ирсилазул адаб-хIурмат гьаби.

Жакъа нилъеца исламалъул хIурмат гьабичIони, нилъ щал кколел, нилъер ахир кинаб букIунеб?

Нилъер диналъ бищун кIвар кьолеб иш буго диналъул вацазул адаб-хIурмат гьаби, бусурбанлъи цIуни, гIадамазулгун гIамал рекъезаби, гьезулгун вацлъиялда, гьуинлъиялда рукIин.

Бичасул аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьасе ﷻ гIоло цоцазе рокьарал гIаршалъул рагIдукь рукIуна», - ян. Гьеб тIадегIанаб даража щвезе ккани нилъеца цIунизе ккола диналъул вацазулгун гьоркьоблъиялъул адабал.

Аллагьас ﷻ тавфикъ кьеги нилъее цоцазулъ лъикI рукIине. Амин!

 

СалихI МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...