Аслияб гьумералде

ЛъикIаб хIалтIи беццасдаги бихьула

ЛъикIаб хIалтIи беццасдаги бихьула

Ас-салам» газетал ричулев чигун дун дандчIвана Новосибирскиялда. Вичарухъанас дихъе газета бегьана, амма тIоцее дун, гьеб рекламаялъул тIамач батилин ракIалдеги ккун, аскIосан ана. Хадуб, дов чиясухъ кодоб газета букIинги бичIчIун, щиб гьелда хъван бугебали лъазе бокьиялъ, нахъюссана.

Вичарухъанас цIидасан дихъе газета бегьана, дица гьелъул багьа гьикъана (гьелда хъван букIана «багьа эркенабилан»). Бихьинчияс абуна 50 гъурущ бугин, амма рекIее бокьараб кьезе бегьулин. Сумкаялъуб 32 гъурущ гурони батичIелъул, вичарухъан разилъана гьеб гIарцухъ газета кьезе, хутIараб тIаса рехизе бегьилинги абун. ХIасил-калам, газета щвана дие учузаб багьаялде. Бицунеб ва бихьизабулеб буго сундул хIакъалъулъ гьениб хъвалеб бугебали. Дов вичарухъанас дида бицана «Ас-салам» машгьураб газета бугин.

Гьеб гIемер босулин Дагъистаналда, Чачаналда, Москваялда, амма Новосибирскиялда, Сибиралда жеги гIадамазда берцинго лъалеб гьечIин. Рокъое щведал, интернеталде яккана ва хIакъикъаталдаги гьеб федералияб газета кколин хъван батана. Дун хIикмалъана цIиял харбал дагь гурони ратичIеб мехалда ва макъалабазул цIикIкIараб бутIа философиял, диниял ва жамгIиялгун социалиял темабазда хъварал рукIиналъ.

Масала, буго цо макъала «Украиналъул бусурбабазул гIумруялдаса пикру буссинабулел вакъигIатал (фактал)» абураб цIаралда гъоркь. Жеги руго «ТалихIаллъун рукIине гIарац къваригIунищ?» ва гьелда релълъарал темабазул колонкабиги. ГIемерисеб, казиятазе хасияталлъун рукIунарел темаби ратиялъ, гьеб цIализе гъира ккана. Дида ккана гьаб цо батIиял басмабазда релълъинчIеб, пасалъи-чороклъи яги мацI-кIалалъул гIаламатал жиндилъ гьечIеб, батIияб жо бугин!

ЦIакъ кIвар буссинабулеблъун рикIкIана дица Дагъистаналъул муфтияталъ газета цIалулезул суалазе кьолел жавабазул гьумер. Диналда хурхарал ишазулъ кидаго рукIуна гIисибикъиналин кканиги, жиделъ мухIканлъи цIунизе кколел суалал. Гьединлъидал, лъимерлъиялдасаго исламалда хьавадулел, гьеб жидеда лъалин ккаразеги пайда щолеблъун ккола «суалалжавабазул» гьумер. Буго газеталда шигIриял асаразе бакIги. Дида бичIчIулеб куцалъ, газета цIалулез хъван ритIарал кучIдулги рахъулел руго басмаялда. Масала, гьале цо ясалъ жинцаго ургъараб кечI.

Цебегоялдаса нахъе букIинчIо гьединаб жо. Цо-цо материалал интересаллъун рукIине бегьула исламалдаса рикIкIадал гIадамазеги. Масала, искусствоялъул цIех-рех гьабулезе. Темабазул тIаса бищи буго ругьунаб гуреб. Гьезда гьоркьоб «Иван Бунинил творчествоялъулъ Къуръан». РакIалдего ккун букIинчIо! БатIиязда релълъунгутIиялъул рахъалъ «АсСаламалъул» автораз гIемерал чIахIиял басмаби нахъа тана. Руго материалал цIалдолез сундулниги хIакъалъулъ жидерго пикраби загьир гьарун хъварал. Гьеб цIакъ лъикI буго! Газеталъе «чиясул сипат» кьола гьелъ.

Бищунго гIадатиял гIумруялъул суалалги рорхун руго. Масала, щиб гьабилеб дурцас хъизан хьихьулеб гьечIони? Гьебги цIалана гъираялда. Бокьана жавабал кIиго батIияб рахъалдаса кьолел рукIинги. ТIоцебесеб малъахъвай гIумруялъул цо кинаб бугониги захIмалъи ккараб суалалъе кьолеб буго исламияб гIелмуялъул специалистас, кIиабилеб – психологас. Гьеле гьединаб динияб ва светияб бербалагьи буго.

РакIгъеялъулаб гьумерцин динияб гьетIиялъул буго: рагIикъотIалдацин суалал исламалда хурхарал руго. Дир хIисабалда, «Ас-салам» интересаб газета буго. Дирго рахъалъ абуни, гъира букIана лъазе щиб хъвалеб бугебали бусурбабазул газеталда, гьез рорхулел темаби, гьел кьолел къагIидаби. ПалхIасил, 32 гъурущ кьеялдаса дир ракI бухIичIо. Хьул буго, дица хъвараб нужееги пайдаяблъун ккелин абураб.

ГIУРУСАЛДАСА БУССИНАБУНА БАРИЯТ МУХIАММАДОВАЛЪ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...