Аслияб гьумералде

КъехIдерил мавлид-мажлис

КъехIдерил мавлид-мажлис

Сентябралъул 13 къоялъ Шамил районалъул КъахIиб росулъ тIобитIана хирияв МухIаммад авараг ﷺ гьавиялъул моцI кIодо гьабун мавлид-мажлис. Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна администрациялъул росабазул жамагIатаз, тIаде рачIарал гьалбадерица ва районалъул цо-цо гIалимзабаз.

 

Мажлис нухда бачана росдал имам Шамил ГIариповас. Данделъиялда гьаруна вагIза-насихIатал, гьоркьо-гьоркьор ахIана мавлидал, киналго гIахьаллъун гьабуна тавбу, бицана Аварагасул ﷺ гIумруялъул.

КIалъазе вахъарав Бакълъухъ росдал имам Ризван ХIажиевас бицана Аварагасул ﷺ гIумруялъул ва рехсана Гьиракълихъе Маккаялъул мушрикунал щун гьезулгун византиязул ханас, МухIаммад аварагасул ﷺ хIакъалъулъ цIехон, ккун букIараб гара-чIвариялъул.

 

 

 

 

 

 

 Ленинкенталда вугев рухIияб лъай кьеялъул хIалтIухъан ХIабибуллагь МухIаммадовас баркана киназдаго хирияб моцI, хадубккун рехсана хирияб Къуръаналъул: «Унгоги Аллагьасда ﷻ иман лъун Авараг ﷺ ритIухъ гьавурал муъминзаби цоцазе вацал руго», - абураб аят ва бицен гьабуна вацлъи цIуниялъул бугеб кIваралъул. «Цоцаздехун бугеб рокьиялъулъ, гьабулеб бербалагьиялъулъ диналъул вацал цо къаркъалаялда релълъуна: черхалъул цо бутӀа унтани, тӀолабго черхалъ гьелъие жаваб кьола макьу гьечӀолъиялдалъун ва цӀа-кан бахун», - абун буго Аварагасул ﷺ хIадисалдаги, гьединлъидал нилъ цоцазе хIалае рахъараллъун, цоцазул ургъел-къварилъи бикьулеллъун рукIине кколин бицана ХIабибуллагьица.

 

 

 

 

 

 

ТIаса Колоб жамагIаталъул имам МухIаммад СалихIилаевас бицен гьабуна садакъа кьеялъул хиралъиялъул ва абуна садакъа кьей бугин нилъер гIумруялдаги гьабулеб магIишат-яшавалдаги баракат лъезабулеб, кьунагIан жинца тIаде жеги баракатаб цIан гурони мукъсанлъи ккезабулареб, Аллагьасул ﷻ рахъалдаса мунагьал чуриги, чурхдул рацIцIад гьариги, унтаби рикIкIад гьарулеб, балагь-къварилъабаздаса цIунулеблъунин.

Буйнакск шагьаралдагун районалда вугев рухIияб лъай кьеялъул нухмалъулев МухIаммад Ибрагьимовас бицана тавбу гьабиялъул бугеб кIваралъул, ахIана щивав тавбу гьабулевлъун, Аллагьасдаса гъапуллъулареллъун рукIине ва ахиралда рехсана тавбу къабул гьабиялъе ругел шурутIал: 1. Мунагьалда ракӀ бухӀи. 2. Мунагь тей, гьелдаса ратӀалъи. 3. НахъруссунгутӀиялъе щулияб ният гьаби. 4. Чияда хурхарал хIукъукъал ратани, гьел рецӀи.

 

 

 

 

 

 

ТIаса Колоб

Хадусеб къоялъ ТIаса Колоб жамагIаталъги тIобитIана Мокода росдал мажгиталъуб гьебго нияталда мавлид-мажлис. ГIахьаллъаразе вагIза-насихIатгун рачIана районалъул росабазул имамзабазул цо-цоял, гьоркьо-гьоркьор ахIана мавлидал, лъималазда гьоркьоб гьабуна Аварагасул ﷺ гIумруялдаса суалал цIехон викторинаби ва жамагIаталъул цо-цо хIаракатчагIазе кьуна Баркалаялъул кагъталгун сираялъул тIахьал.

ВагIза-насихIатгун кIалъа-раздасан рукIана: КъахIиб росдал имам Шамил ГIарипов, ГIуриб росдал имам МухIаммад Малаев. МухIаммадица бицен гьабуна цевехъанас малъараб гьабизе, тIад таразе мутIигIлъизе ккеялъул, ахIана киналго цолъиялде ва цоцадаса ратIатIеялдаса щибго гьабулелъе хадубккун хIасил щвезе гьечIеблъиялъул бичIчIизабун бицана шаригIаталъ жамагIатал гъункиялде кин ахIулел ругелали.

 

 

 

 

 

 

Зивуриб росдал имам ГIалиасхIаб ХIажиевас гIахьаллъаразда хирияб моцIги баркун, калам гьабуна лъималазегун гIун бачIунеб гIелалъе тарбия гьабиялда хурхун. Мисал бачун абуна, гъветI хьоподаго кьуричIони, биццалъидал хисизабизе кIоларебго гIадин лъималги ругин гIун рачIунеб къоялдасаго лъикIаб-квешаб бичIчIизабун, малъун, куцан гурони санаде рахиндал малъараб босулареллъунин.

ГIурада росдал имам МухIаммадица кантIизаруна гъибат-бугьтанлъун кколеб калам гьабунгутIиялде ва гьелъухъ гьабизе бугеб тамихIалде. Абуна: «Нилъер диналда жаниб гъибат абураб жо ккола чияда нахъасан гьесулъ бугеб гIамалалъул бицун кIалъай гьаби. Бугьтан буго гъибаталдасаги квешаб, чиясулъ гьезего гьечIеб жо бицун гьесда нахъасан гаргади. КIиябгоги буго чIахIиял мунагьаздасан, жинда нахъасан гьединаб калам гьабурасдаса тIаса лъугьин щун гурони кинабниги тавбу гьабун чурулареб мунагь», - ин.

 

 

 

 

 

 

Мажлис нухда бачана ТIаса Колоб жамагIаталъул имам МухIаммад СалихIилаевас.

Ахиралда кIалъазе вахъарав росдал бегавул МухIаммаднаби Загьидовасги баркана гIахьаллъаразда хирияв Авараг ﷺ гьавураб моцI, гьарана киназего гьабулеб гIамалалъулъ битIккей, бугелда баракат лъей ва баркала загьир гьабуна росабалъ гьарулел хIалтIабазулъ жамагIаталъ гьабулеб бажарараб кумекалъухъ хасс гьабун мажлис-мавлид тIобитIизегIан цебе Мокода росулъ гьарурал хIалтIабазулъ гIахьаллъаразе.

 

 

 

 

 

 

ЖамагIаталъул цо-цояз гIахьал-лъаразда рихьизе цере росун рачIана ХIасан-устарасулгун МухIаммадгIариф-афандиясул рукIарал, гьез жидер умумузе сайгъат гьарурал гужгаталги тIагъурги.

Мажлисазул ахиралда, росдал жамагIатаз гIахьаллъарал гIалимзабазе кьуна ракIалде щвеялъулал сайгъатал, хIадур гьабун букIана квен.

Аллагьас ﷻ къабул гьабеги, чIахIиял чагIазул баракат камун тогеги киналго!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...