Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

–   Алжаналъул кIул «Ла илагьа иллаллагь» буго.

– Диналъул низам – варагI буго.

– Гуккиги макруги жужахIалъуб буго.

– Жиндир гьабулеб гIамал нахъе бахъарасе ахираталда насабалъ пайда гьабуларо.

– Аллагьасукьа жив хIинкъарав чиясул мацIги свакала (зикруялдалъун) ва ццим буссинги тIалаб гьабуларо.

 

– Аллагьасукьа хIинкъарав чи цIунула кинабниги жоялдаса.

– Аллагьасда аскIоб жиндирго бугеб даража лъазе бокьарав чи валагье жинда аскIоб кинаб даража Аллагьасе бугебали. 

– Дунял бокьарав чиясул ахираталъе зарал ккола.

– Ахират бокьарасул дунялалъе ккола зарал. Гьединлъидал нужеца тIаса бище нахъе хутIулеб паналъун унелдасан.

– Цо кинаб бугониги жо бокьарав чиясул гьеб рехсей цIикIкIуна.

– Кинаб къавм гьесие бокьаниги, къиямасеб къоялъ гьезда цадахъ вахъуна.

– Аллагьгун дандчIвазе бокьарав чигун БетIергьанасеги бокьула дандчIвазе.

– Гьаб диналда жаниб гьечIеб жо ургъани, гьеб нахъчIвараб буго.

– Аллагьасул ццим бахъинабиялдалъун гIадамал рази гьарурав чи гьездего тIамун тола Халикъас.

– Аллагьасе мутIигIлъарав чиясул кверщел батула.

– Залимасе кумек гьабурасде тIаде гьевго тIамула Аллагьас.

– Жиндир къварилъи къватIиб гьурщарав чи сабру гьабурав кколаро.

– Щиб бугониги жоялда баракат лъуни, гьелда тIадчIей гьабе.

– Сундулъго гIедегIуларев чи витIун ккола яги гьелде гIагарде щола.

– Сундулъго гIедегIулев чи мекъи ккола яги гьелде гIагарлъула.

– Цониги къавмалда релълъенлъи гьабурав гьездасан ккола.

– Сунда бугониги жиндир иш базабурав ва хурхинабурав чи гьелде тIамун тола.

– Инсанасул ислам лъикIлъиялдасан ккола хIажат гьечIеб калам рехун тей.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...