Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

– Заманалдасан гIадамал жидерго эбел-инсуда

релълъуна.

– ГIадамал руго лъикIлъигун квешлъиялъул магIданал.

– Ниж руго аварагасул ﷺ рукъалъул агьлу, нижеда цогидал рорцунаро.

– Ниж руго ГIабдулмутIалибил лъимал, алжаналъул сайидал.

– Мунагьалда пашманлъи тавбу буго.

– Руччаби шайтIаналъул чан гьабулел алатал руго.

– Бищун лъикIав дурц хоб ккола.

– Муъминчиясул ният лъикIаб буго гьесул гIамалалдаса.

– Сайгъаталъ хIакимасул квешаб бер бецц гьабула.

– Эбел-эмен дур алжангун жужахI ккола.

– Ургъел ккей бащадаб херлъи буго.

– Дида гIадамал ратана, хIалбихьани дур гьезде ццим бахъунеллъун.

– Живго цохIо вукIин лъикI буго квешав чигун гIодов чIеялдаса.

– Рокьа-хинлъиги тушманлъиги ирсалъе щолеб жо буго.

– ВарагI буго гIамалалъул сайид.

– Лъимер буго рекIел пихъ.

– КIудияб балагь буго Аллагьасул щакдарулезе.

– «Ла илагьа иллаллагь» - Аллагьасул хазинабаздаса хазина буго.

– Иман гьечIо аманат гьечIесул.

– Дир уммат къосеналда данделъиларо.

– Какда цояв цоясдаса цеве кIанцIуге, гьедин гьабуни нужер ракIалги цоцадаса тIела.

– Дунялалде хьандоге нуж, гьеб буго муъминчи тIад рекIунеб жо.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...