Аслияб гьумералде

Сахлъиги рукIа-рахъинги

Сахлъиги рукIа-рахъинги

Сахлъиги рукIа-рахъинги

 

Инсанасул сахлъи лъикIаб букIине ккани, рукIа-рахъиналда бараб жо гIемер букIуна. Сахлъиялде кинаб кIвар инсанас кьолеб батаниги, гьелда бараб букIуна гьесул чорхол загIиплъи-щулалъиялъул рахъ.

 

РацIцIалъи цIунулеб рокъоб сахлъиги лъикIаб букIуна, чорокал, хъубал чагIазул рокъоб сахлъиялъул рахъги лъикI букIунаро – гьеб хIакъикъат лъидаго лъалеб батила. Инсанасул рукIа-рахъиналде гъорлъе щибха унеб ва сунда бараб букIунеб чорхол сахлъи? ТIоцебесеб иргаялда, гьеб ккола чиясул квен. Хадуб - рукIа-рахъиналъул шартIал. Кинаб ресалъул, кинаб рацIцIалъиялъул чи гьев кколев ва хIалхьи гьабулеб къагIида кинаб бугеб.

Гьелде тIадеги, цIикIкIараб кIвар буго, тохтурзабазул къагIидаялъ абуни, гигиена цIунизе лъалеб бугищ-гьечIищин абураб. Гьал киналго жал хIисабалдеги росун гIаммаб къагIидаялъ лъугьуна чиясул сахлъиги, гIумруялъул соналги. Жиндирго рукIа-рахъиналъулъ гьал тIадехун рехсарал жал цIунизе лъалел ругищ, сундулъго адабал гьаризе лъалищ? Лъалел ратани, сахлъиги букIуна. РацIцIалъи гьабулеб гьечIищ – букIунаро сахлъиги.

Сахлъи инсанасе кутакалда хIажалъула гIибадат берцинго ва битIун гьабизе. Щокъаб лага-сан бугесул гIибадатги берцинаб лъугьунаро. Гьелъие гIоло буго нилъеца сахлъиги балагьулеб. РацIцIалъи цIуниги исламалъул тIалаб буго. РацIцIалъи цIуни шартIлъун гьабун буго какиеги. Амма гIибадат битIун ккечIони, нилъер талихIги букIунаро. Гьаб дунялалда гIумру гьабиялъул мурадго БетIергьанасе лагълъи гьаби гурищ кколеб? Гьебги лъугьунеб гьечIони, дунялалда рукIиналъул магIнаго щиб кколеб? ГIибадат буго чорхол жанисеб рахъалъул рацIцIалъи цIуни, черх чороклъиялдаса цIуни тIасияб рацIцIалъи бугеб кинниги.  Чорхол тIасиябги жанисебги рацIцIалъи цIунизе лъай кьейги нилъее Аллагьас ﷻ.  Инсанги камиллъуларо жанисанги тIасанги вацIцIалъичIони. ГIадада гурелъул Бичасул аварагас ﷺ абун бугеб: «РацIцIалъи цIуни иманалъул бащалъи буго», - ян.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...