Аслияб гьумералде

Караматалъул мисал

Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.

 

РабигIадул ГIадавият абун кIудияй вали йикIана. Гьелъ абун буго, бищунго кIудияб карамат кколин Аллагьасул нухда витIун хьвади, гьелдаго абула истикъамат абунги. КигIан гьаваялдаса воржаниги, лъеда тIасан вилъаниги, Аллагьасул амру-нагьюялъулъ жагъаллъиги гьабун гьелъ щибго пайда кьоларо живго къосине сабаблъун ккей гурони.

«Сайру ва сулук» абураб тIехьалда гьелъие бачунеб буго гьадинаб мисал: гIарифуназ бачанила цо кинал ругониги хIалал жиндасаго рихьидал, ай краматал, гьелде вуссун чIарасе гьадинаб мисал. Цо чи унев вугила жиндирго къапилагун хIеж тIубазе, гьебги бухьун. Цинги нухда гьесда дандчIвалей йиго кутакалда берцинай гIадан. Гьелъул гьайбатлъиялъ гIакълу босарав гьес хIукму гьабулила гьелда аскIовги чIун жиндиего кеп босизе ва гьелъулгун хурхен гьабизе. Гьедин гьев вукIаго гьесухъе вачIунев вуго хIажизабазул къапилаялъул бетIер ва абулеб буго мун гьанив чIани нижедаса ватIалъулин, дуе хIежги щоларин, цадахъ вилъайилан. Цинги тIадвуссуда, хIалалаб къагIидаялда магьариги лъун, вукIине бегьилин гьелда аскIов. Гьанже чIани хIарамлъи букIинин (хIеж бухьарасе магьари лъезе хIарамаб бугелъул), КагIба-ХIарамалдаса махIрумлъунги хутIилин, Аллагьасдеги гIасилъилин мунилан. Щиб гьес бицаниги гьесда жиндирго чорхол гьава къезабизе кIоларо, гьалмагълъиялдаса нахъаги хутIана, гьей гIаданалде аскIовеги къана, гьелъул гьурмадаса чадирги нахъе босана. Гьеб мехалда гьей гIадан ятана херлъун тату хварай, кIалдиса чорокаб махI бугей, дунялалдаго сурарай гIаданлъун. Цинги гьев пашманлъана ва хиял гьабуна гьалмагълъиялда хадув гIунтIизе, гьебги бажаричIо. Сордо-къо данде босун гIодулев хутIана гъарим. Гьей берцинай гIаданалъул мисалги буго саликас тIалаб гьабулеб караматалъул. Гьев унев вукIараб КагIба-рукъалъул мисал буго Аллагьасул хIазраталъул, ай гьесие аслияб мурадлъун букIараб. ХIежалде унеб нухги буго тIарикъаталъул мисал, черхалда гъинги бихьун къотIизе кколеб.

Караматалъ гуккарав гьедин хутIула, кодобе босизеян лъугьиндал щибго гуреб жолъунги батула гьеб. Карамат буго загIипал гIадамазул ракIал щула гьаризе, гIисинлъимал руссине кодобе кьолеб расанкIабигун гьуинлъи гIадинаб жо. Гьелъ гуккизе чIей ахIмакълъи ккеларищ!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...