Аслияб гьумералде

Кин цIуни гьабилеб?

Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.

 

Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб шайтIаналдаса Аллагьасдалъун ﷻ цIуни гьаре. Аллагьасда ﷻ иманги лъурал, Гьесде таваккалги тIамулел чагIазда тIад гьелъие (шайтIан) нух гьечIо», - ян.

Васвасги буго шайтIан-иблисалъ бусурбанчи гIибадат гьабиялдаса нахъчIван рекIелъе рехулеб, гьезул хIиллабазул цояблъун кколеб. Васвасги шайтIаналъ батIи-батIиял нухаздалъун хIалтIизабула.

Хурасан абулеб бакIалдаса цо мутагIил ун вуго гIелму тIалаб гьабун ГIиракъалде. БатIи-батIиял чагIазухъе хьвадун, гьес лъазабун буго Аварагасул ﷺ ункъазаргогIанасеб хIадис. Рокъове тIадвуссине хиялги ккун, изну гьарун щведал, мугIалимас абун буго: «Дица дуда малъилищ цо къагIида, гьаниб лъаралдасаги дуе лъикIаб?» - ин. Малъейилан мутагIилас абидал, мугIалимас гьикъун буго: «Нужер ракьалда иблис букIунищ?» - абун. БукIунин мутагIилас жаваб гьабидал, нахъеги гьикъун буго мугIалимас: «Гьелъ васвас ккезабулищ нужелъ», - ан. Гьабулин абидал, щибха нужеца гьелда гьабулебин гьикъун буго мугIалимас. «Нижеца гьелъ рекIелъе рехараб васвас нахъе хъамула», - ян жаваб кьун буго мутагIилас. «КIиабизеги бачIани, щибха гьабулеб?» - ан гьикъидал мутагIилас абула: «Гьеб мехалъги хъамулаха», - ян. Цинги мугIалимас гьесда абула: «Аллагьасул ﷻ гьеб тушманалъ зарал гьабун, нуж гIибадаталдаса машгъул гьарун, ракIалде васвас рехараб мехалъ, гьеб нахъе хъамиялде машгъуллъуге. Нуж рукIа гьеб малгIунгун цадахъ, квешаб гьвегун цадахъ вугев вехьасда аскIор ругел гIадин».

Щайин абуни, вехьасдаса кумекги тIалаб гьабичIого, квешаб гьой нахъчIван, гьелдаса цIуни гьабизе чи лъугьани, щиб букIунеб? Чиясда хIанчIун, гьесда кIал кьабун гурони чIеларин, бортанхъулеб гьойги букIина. ХъатIикье щвараб гьелде хьвагIун, гьеб бачахъизе бокьун амма бажари гIоларого гьевги вукIина. ГIакъилав чияс гьедин гьабуларо. Гьелъул гIаксалда, бугелъуб гьойги тун, вехьасда аскIов чIола, гьой тIаде бачIунеб бугони, гьеб нахъе хъамизе гьесдаса кумекги тIалаб гьабула. Вехьасда ругьунаб гьвеги гьес цо гьаракь гьабидал нахъе къала.

Гьелъухъего, мугIалимас мутагIиласда малъулеб буго шайтIан-иблисалъ васвас рехун гIамал гьабизе толарого вугеб мехалда гьеб нахъе хъамиялде машгъуллъичIого, цIунигьабизе Аллагьасухъе ﷻ кIанцIеян.

БетIергьанас ﷻ цIунаги хIилла-макруяб шайтIан-иблисалдаса! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....