Аслияб гьумералде

БацIцIадаб гIоралда релъараб

БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.

 

Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...» (Ибну Мажагь).

Балугълъиялде вахарас лъазабизе ккола как битIун балеб къагIида. Хасго эбел-инсуца лъималазда малъизе ккола как битIун балеб къагIида, гьел анкьго сонил ригьалде рахаралго. Гьедин гьабуни лъималаз хадуб как тезе гьечIо. Эбел-инсуца гьелде кIвар кьезе ккола.

Къиямасеб къоялъ лъималаз тIоцебе гIайиб чIвазе буго эбел-инсуда нужеца малъичIинги абун. Нилъеца балеб как мунагьаздасан кафаратлъун лъугьуна. Щайгурелъул, какилъ Аллагьасул ﷻ лагъас мунагьаздаса тавбу гьабула, тIаса лъугьаян гьарула, гIайибавлъун живго рикIкIуна, мукIурлъи бихьизабула ва Аллагьасе ﷻ щукру-рец гьабула.

Аварагас ﷺ бицана: «Как бацIцIадаб гIоралда релълъун буго, нужер рукъалда аскIоса унеб ва нужги гьелда жанир щуго нухалъ чвердолел», - абун (Муслим).

Как буго кванида релълъун. Квеналъ чиясул черх къуват гьабулебго гIадин, какалъги чиясул дин ва гIакъида щула гьабула.

Дунявиял ишаз ва хIалтIиялъ Аллагь ﷻ кIоченавула, щайгурелъул, инсан кидаго ургъаликь ва рахIатхвеялда вукIуна. Амма гьеб кинабго тун как цебе гьабуни ва Аллагьасде ﷻ вуссани, гьесул рекIее рахIат щола.

Какалъ мунагьал чури гуребги цIидасан мунагьазде ккеялдасаги цIунула. Гьедин гьеб букIуна нилъеца какда тIадчIей гьабуни ва букIине кколеб къагIидаялда гьебги бани.

Къуръаналда Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «ХIакълъунго, какалъ чи цIунула чIахIиял мунагьаздаса ва квешлъабаздаса» (Сура «ГIанкабут», аят 45).

Какалги ран мунагьал гьарулел чагIазул хIакъалъулъ абуни, гьеб буго мухIканго ва букIине кколедухъ гьез как бангутIиялъул хIасил. ХIадисалда бицана ЖабрагIил малаикас кIиго ракагIаталъул как кIикъоазарго соналъ банин. Гьелдаса хадуб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесда абулин кIиго ракагIат МухIаммадил умматалъул чияс бараб Дие хирияб бугин дуца кIикъоазарго соналъ баралдасагиян. Гьеб нилъее Аллагьас ﷻ МухIаммад авараг ﷺ кIодо гьавун щвараб хиралъи буго.

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...