Аслияб гьумералде

ВуцIцIунчIеялъулъ буго хвасарлъи

ВуцIцIунчIеялъулъ буго хвасарлъи

Халкъалда гьоркьор кколел дагIба-къецал, тунка-гIусиял ва цогидалги ишал ккола мацI сабаблъун. Гаргадулев чиясул, хасго гIемераб хабар бицунесул хIажат гьечIеб каламги гIемер букIуна.

ХIакъаб рагIи абизе ккараб бакIалда вуцIцIунчIей какараб букIинги лъаларев чи ватиларо. Гьединго кIалъазе бегьулеб бакI бугони, гьениб гьабулеб каламги гIадамазе пайдаяб бугони, гьеб бакIалдаги кIалъай хирияб букIина. Амма халатаб ва чIамучIаб вагIза бугони, гьеб бакIалда вуцIцIунчIей беццараб буго. РекIелгъеялъе бицунеб калам бугони, ай жинда жаниб пайда дагьаб, гьеб бакIалда вуцIцIун чIей суннатаб буго. Гьаб заманалда гIадамал данделъарал бакIазда гьединаб калам цIакъ гIемер букIуна. Хасго политикаялда сверухъ букIуна гIемераб калам. Гьединаб хабар бициналдаса руцIцIунчIей рекъараб буго. Щайгурелъул, цо бицун, цоги бицун, хIажат гьелде сверула, мунагьалде рачуна. Гьединлъидалин Бичасул аварагас ﷺ абун бугеб: «ВуцIцIун чIарав хвасарлъана», - ян.

Саммак абурав асхIабас бицун буго, жинца цIеханила Жабир бину Сумратида, мун Бичасул аварагасда аскIов гIодов чIолаанищин абун. ЧIолаанин абун буго гьесги. Бичасул авараг ﷺ вукIана жиндир вуцIцIунчIей халатав, велъанхъи дагьав. АсхIабзабаз гьесие цIалулаан шигIраби ва бицунаан харбал, цинги гьел релъулаан. Хирияв аварагин ﷺ абуни хьимулаан. Балагьеха, бусурбаби, нилъерго каламалъул халалъиялде.

Нилъеца бицунебщинаб жо хъвалев чи вукIаравани гIемерал томал лъугьинаан. Амма нилъеда кIочене бегьуларо гьеб хъвалел малаикзаби рукIин. Щибаб рагIул хIисаб гьабулеб заман бигьаяб букIунгутIи. Бичасул аварагасул ﷺ тIабигIаталъул бицунаго, ГIаишатица абун буго: «Аварагасул ﷺ калам букIана, гьеб рикIкIунев чи вукIаравани, гьесухъа бажарулебгIанаб», - ян. РачIа нилъерго каламалъулги дандекквей гьабилин. Нилъер калам хъван компьютерцин сваказе букIана. Аллагьас кантIизареги киналго. Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...