Аслияб гьумералде

Камиллъарав авараг

Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).

 

Нужеца Аварагасдаса ﷺ мисал босула кинабго гIибадат гьабиялъулъ, ай гьес ﷺ нахъе тараб дин берцинаб гIамал тIабигIат кквеялдалъун. Аварагасда ﷺ нахърилълъине ккеялъе сабаб буго гьев ﷺ вукIин кинабго гIамал Аллагьасул ﷻ вахIюялдалъун гьабулев. Хирияв Аварагасул ﷺ нух ккурав чи Аллагьасул ﷻ нух ккуравлъунги вукIуна.

Гьале тIаде щун буго Авараг ﷺ жиндилъ гьавура моцI - РабигIул аввал. Гьаб моцIалъ рекъараб гIамаллъун буго кIвараб куцалъ гьесул хIакъалъулъ лъазаби, гьединго лъималазда малъи, бицин. Мисал босизе букIинелъун рекъараб буго аварагасул ﷺ асхIабзабазул авлияазул ккара-таралъул къисабиги рицине.

Имам Гъазалияс «ИхIъяалда» хъван буго: «СагIду бин Гьишамица абунин: «Дун вачIана ГIаишатихъе ва дица гьелда цIехана Аварагасул ﷺ тIабигIаталдасан? Гьелъ дида абуна дуца Къуръан цIалуларищин? Дица абуна цIалулин. Цинги гьелъ абуна Аварагасул ﷺ тIабигIат Къуръан букIанин», - абун. Гьелъ, гIемер Къуръан цIалиги рекъараб пиша буго Аварагасул ﷺ гIамал-тIабигIат нилъелъго куцазе. ГIамал куцаялде тарбияйинги абула, тарбия бугеб бакIалда Аварагги ﷺ вукIуна, щайин абуни умматалъе тарбия кьурав Авараг ﷺ вугелъул, Аварагасе ﷺ тарбия гьабурабги Къуръан буго. Аварагас ﷺ абурабги буго: «Дун витIана лъикIал тIабигIатал рагIа-ракьанде щвезаризе», - ян. Цинги гьев ﷺ камилъидал гьесул ﷺ тIабигIат беццун Къуръаналдаги бачIана (магIна): «ХIакълъунго, мун тIабигIаталъул бищун тIадегIанав вуго», - ян. (Сура «Къалам», аят 4).

10 соналъ Аварагасе ﷺ хъулухъ гьабурав Анас бин Малик асхIабас абун буго: «Цониги нухалъ Аварагас ﷺ дида абичIо гьаб гьадин щай гьабураб ва гьаб щай гьабичIеб абун. Гьесул гIадинаб тамахаб квер дица лъилго бачунги букIинчIо», - ян.

Нилъер Аварагасулъ ﷺ данделъун руго НухI аварагасул гIадаб Халикъасе шукру гьаби, Ибрагьим аварагасул БетIергьанасулгун букIараб гIадаб гьудуллъи, Муса аварагасул гIадаб ракIбацIцIалъи, ИсмагIил аварагасул гIадаб къотIи тIубаялъулъ ритIухълъи, Якъуб ва Аюб аварагзабазул гIадаб берцинаб сабру, Давуд аварагасул гIадаб тIасалъугьаян гьари (гIузру бачинги), Сулайман ва ГIиса аварагзабазул гIадаб Аллагьасе ﷻ хIели (чIухIи гьечIолъи).

Аллагьас ﷻ тавпикъ гьабеги гьаб хирияб моцI Аварагасул ﷻ гIумру гIамал лъазабун тIобитIизе! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...