Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гIемерал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гIемерал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гIемерал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

– Унго-унгояб сабру ккола балагь тIаде щвараб сагIаталда гьабураб.

– Аллагьасе гIоло кинаб бугониги жо дуца тани, гьелъул бакIалда Аллагьас хисун кьола жеги лъикIаб.

– Нужеда бажариларо гIадамал гIарцудалъун, ай боцIудалъун разилъизарун. Нужерго лъикIал тIабигIатаздалъун рази гьаре гьел.

– ХIакъалъул бетIергьанасе рагIиги буго.

– ГIамалазул къабул гьари ва гьезухъ кири ниятазде балагьун буго.

– Даран буго кIиялго разилъун букIунеб жо.

– ГIелму щола лъазабун, хIалимлъи букIуна цогидазул захIмат баччиялдалъун.

– Чиясе къимат кьола гьесул гьудуласухъ балагьун, щивав балагье лъилгун гьалмагълъи гьабулеб бугебали.

– Каламалъул пасихIлъиги сихIруялъул бутIа буго.

– Дун вуго гIелмуялъул шагьар, ГIали вуго гьелъул рагьу.

– Мунги дур боцIи-магIишатги дур инсул руго.

– Дуца лъикIлъи гьаби дуего лъикIаб буго.

– ГIадамаздехун щивасул даражаялда рекъараб гьабе гьоркьоблъи.

– Мун балагье гьесда жаний мун щиб къиматалда йигищали, рос ккола дур алжанги жужахIги.

– Дица нуж нахъчIвалел руго «гьадин абуна, додин абун рагIула» абиялдаса ва гIемерал суалал кьеялдаса.

– Нуж кантIе, Аллагьасе гIасилъигун Гьесул махлукъасе мутIигIлъизе бегьуларо.

– Ислам буго лъикIаб тIабигIат.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...