Аслияб гьумералде

Дида лъаларо

Дида лъаларо

Дида лъаларо

ХIурматиял бусурбаби, гIалимзабазегун имамзабазе гIадатияб халкъалъул гIемерал суалал рукIуна диналъул масъалабазда тIасан. Гьайгьай гьезул киналго ракIалда рукIунарелъул, лъаларин абизе ккарал бакIалги камуларо. Имамас цо кинаб бугониги масъалаялъе жаваб лъаларин абуни, цIакъ гIажаиблъун ралагьула гьесухъ. Жидеда тIад заман хвезабизе бокьичIого, тIаса рихьизарун толел ругин имамасин абураб пикруги хIалтIула цо-цоязул гьединал бакIазда.

 

ТIоцебесеб иргаялда, инсанасда киналго масъалаби ракIалда чIезе рес гьечIо. Хасго, нагагь-надир гурони дандчIваларел гьел ругони. Гьединлъидал лъаларин аби, гьереси букIунаро.

КIиабизе, лъалареб жоялда лъаларин аби исламалъул нух буго. Гьелъие нугIлъи гьабула жинда свалат-салам лъеяв Бичасул аварагас ﷺ бицараб хIадисалъги: «ГIелму буго лъабго жо: жиб кIалъалеб Къуръан, битIараб суннат ва «дида лъаларин» аби», - ян. Гьаб хIадисалда жаниб аварагас ﷺ гIелмуялъул бутIабаздасан рикIкIун буго лъаларелда лъаларин абиги. ШагIабияс абун буго, «дида лъаларин» аби бащдаб гIелму бугин абунги.

Имам Гъазалияс абун буго, жинда жаваб лъалареб бакIалда вуцIцIун чIей, ай «лъаларин» Аллагьасе гIоло аби кириялъул рахъалъ мукъсанаб гьечIин, гьелъие жаваб битIун кьеялдасаги. Щайгурелъул, жиндир лъангутIиялъе мутIигIлъи нафсалъе жеги захIматаб букIиналъе гIоло. Чанги гIалимас лъаларин абиялдасаги нечон, лъан-лъачIого кьезе бегьула жаваб. Амма гьеб мекъи ккун батани, гьелъул жавабчилъи гIалимасда тIад хутIула. Гьеб буго кутакалда хIинкъараб бакI. Хасго кIвар бугел масъалабазда бан. Гьединал бакIазда мекъи кьураб жавабалъ лъикIаб хIасилалде рачунаро. Масала, ракьазул суалалда жаниб мекъаб жаваб ккани, мустахIикъав гуресухъе гьеб ракьги ккани, хIарамаб бакIалде гьев тIамурав чи ккола гIалим. Гьединго магIишаталда жаниб батаниги, гьебго букIина. Ригьнада ва цIар ккей-ккунгутIиялда жаниб мекъаб жаваб кьуни, гьел гIадамал зинаялде тIами ккела.

Ибну МасгIудица абун буго, гIалимчиясул хвасарлъи кколила «лъаларин» аби.

Ибрагьим бин Адгьамица абун буго, шайтIаналъе бищун захIматав чи кколин жиндир лъаялдалъун кIалъалев, ай жинда мухIканго лъалеб жоялъе жаваб гьабулев ва лъаларелъе вуцIцIун чIолев гIалим. Гьелъ абулила, балагье гъосухъ, гьесул вуцIцIун чIей захIматаб буго жавабалдасагиян.

Гьединлъидал, лъалареб жоялда лъаларин аби щибго сурараб яги гIодобегIанаб жо гуро. Гьеб буго исламалъул нух.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...