Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

– Гьукъараб бакIалде

гIагарде къарав чи гьелда жанив ккеялде гIагарав вуго.

– Аллагьасул къисматалда разилъарав чиясе цогидалдаса гIей гьабула.

– Аллагьасдаса разиго вугев чиясдаса Аллагьги разилъула.

– Жиндаса ккараб лъикIаб гIамалалдаса вохарав ва квешалдаса пашманлъарав чи муъмин ккола.

– ВуцIцIун чIарав хвасарлъула.

– КIиябго чанагъалдагун кIиябго бохалда гьоркьоб бугеб жо цIунизе тIаде босарасе Алжан щвезабизе дицаги тIаде босула.

– Жинда лъаралда гIамал гьабурасе гьесда лъалареб букIараб гIелмуги кьола.

– Жинца нилъ гуккарав чи нилъедасан, ай дир нухда вугевлъун кколаро.

– Рокьобалъул къадаралъ жамагIаталдаса ватIалъарав чи исламалъул ахIкамал таравлъун ккола.

– Кинаб бугониги къавмалъул бо гьес чIегIер гьабуни, (гьезул къокъаялде гьоркьове жувани) гьев гьеб къокъаялдаса ккола.

– Дун ( авараг) жиндир гьудул вугесул ГIалиги гьудул вуго.

– Жив цогидасда гурхIуларесда, гьесдаги гурхIуларо.

– Живго бацIлъун гьечIев чи цогидал бацIаз кванала.

– Махсараби гьарулев чиясул цогидазда цебе къимат бортула.

– Цогидасе хIисаб къвакIизабурав живго гIазабалде ккола.

– Рокьи ккарал кIигоял руго жидее гIорцIи гьечIел: гIелму тIалаб гьабулев ва дунял хачалев.

– Муъминчи муъминчиясул матIу вуго.

– Муъминчи ккола гIадамаз гьесдасан жидер напсалгун боцIиялда божи гьабурав.

– Муъминчи ккола жиндир тIалабал дагьав.

– Муъминзаби киналго цо чиясул мисалалда руго.

– Жиндир ахираб калам «Лаилагьа иллаллагь» буголъарав чи Алжаналде уна.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...