Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъ варидал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъ варидал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ  абуна:

– Зам-зам, кинаб нияталда гьекъаниги, гьелъие пайдаялъе буго.

– Къуръаналда иман лъуравлъун рикIкIунаро, хIарам гьабураб жо хIалал гьабулев чи.

– Инсанасул гIемер гаргадулеб мацIалдаса квешаб жо кьечIо гьесие.

– Цониги къавмалъ мушавара гьабичIо гьел ритIун ккун гурони.

– ГIелмуялда данде гIелму къаялдаса берцинаб цоги кIиго жо данделъичIо.

– Истихара гьабурав чIового хутIичIо.

– Мушавара гьабурав пашманлъичIо.

– Гьоркьохъеб рахъ ккурав, рекъовутIа щибаб жо хIалтIизабурав, мискинлъичIо.

– Бусурбабазда лъикIаблъун бихьараб жо БетIергьанасда аскIобги лъикIаб буго.

– Цоцазе вокьарав кIиго чиясе бакI къваридаб букIунаро.

– ГIолебгIанасеб дагьаб къадар лъикIаб буго, жинца машгъул гьарулеб гIемералдаса.

– Кинаб жоялда жаниб хIеренлъи батаниги, гьелъ берцин гьабула.

– Кинаб жоялда жаниб хъачIлъи батаниги, гьелъ суризабула.

– Жиндирго къадру лъалев чи гьалаглъичIо.

– Жиндир заралалдаса мадугьал божарав гьечIев чи муъмин вукIунаро.

– Мун бусурбанчилъун хва, цоги сундулго кIварги гьабуге.

– Мажлисазул берцинлъи аманаталда хурхинабун буго (гьениб бицараб къватIиб бицинаро).

– ХIалалаб хIарам гьабулев чи хIарамаб хIалал гьабулесда релълъун вуго.

– Инсан жиндир вацалгун цадахъ гIемерав вуго.

– ГIадамазулгун хIал рекъезаби садакъа ккола.

– Инсан жиндие вокьаравгун цадахъ вукIине вуго ахираталда.

– Жиндиргун мушавара гьабурав божаравлъун ккола.

– Бусурбанчи бусурбанчиясул вац ккола. Гьесда зулмуги гьабиларо, гьев гьалагги гьавиларо.

– Бусурбанчи ккола жиндир квералдасагун мацIалдаса бусурбаби сах-саламатго хутIарав.

– Мугьажир вуго хIарамалдаса жинца гьижра гьабурав.

–  Щибаб рохелалда цадахъ пашманлъиги буго.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...