Аслияб гьумералде

ХIузуралъул хIакъикъат

ХIузуралъул хIакъикъат

ХIурматиял бусурбаби, гIибадат-гIамал гьабизе БетIергьанас тIад гьабун буго. Кинаб гIибадат гьабуниги Аллгьасде гIагарлъиги хIасуллъула. Амма гьабулеб тIагIаталда жанир рукIине кколел адабалгун шурутIал-арканал цIуниялдалъун Аллагьасде гIагарлъи цIикIкIуна. Масала как балев чи какил пикруялда вугебгIан къадаралда букIуна гьесул БетIергьанасде гIагарлъиги. ТIубараб какилъ цогидабщинаб жоялъул пикруялда хутIани щолеб киригун Аллагьасде гIагарлъиги гьелъулго къадаралда гурони букIунаро.

 

Гьаб нилъеца бицен гьабулеб жоялде гIелмияб мацIалда хIузур ва хушугIин абула. ХIузуралъул магIна ккола Аллагь ракIалда вукIин, хушугI ккола Аллагьасде ракI хIели. ГIаммаб рахъ балагьани цого магIна ккола гьезул. «лавакъихIул анварил къудсият» абураб тIехьалда имам шагIранияс хъвалеб буго, Нилъер какилъ ва цогидалги гIибадатазулъ Аллагьасулгун хIузур цIуни тезе рекъоларила. Щайгурелъул кинабниги гIибадаталъул рухI хIузургун хушугI кколила. Аллагьас нилъеда гIибадат гьабейин амруги гьабичIила гьелда жанив Аллагь ракIалде щвезелъун гурони. Бокьараб гIибадат жинда жаниб ракI Аллагьасда хурхун гьечIеб, гьеб кколила гIибадат гуреб гIадатлъун, гьелъухъ кири ги букIунарила, ян.

Балагьеха, нилъеца гьабулебгIагийин бугеб тIагIаталде, рукIунищ нилъ гьелда жанир Аллагь ракIалдеги щун? Балагьараб заманалда нилъер гьединаб мех букIинего букIунадайин кколеб гIадаб пикру бачIунеб буго. ЦохIо как босани мисалалъе, гьелда жаниб нилъер бетIералде жанибе бачIунареб пикру хутIуларо. Минаги гьенир жанир рукIаго бала, нилъерго даран базарги какилъ рукIаго тIубазабун тола. ХIасилул калам, Аллагь гуребщинаб цогидаб пикру бачIун гурони чIоларо ботIролъе, гьедин букIаго какги бан ун батула.

ГьабсагIат нилъеда бичIчIана нилъелъ бугеб унти кинаб бугебали. Гьелде гIелмияб мацIалда абула гъапуллъи абун. Нилъ гьелъие мукIуралги руго, нилъерго гIажизлъи бихьулелги руго. Гьебги кIудияб нигIмат ккола. Гьелъул гIаксалда букIарабани нилъеда гьабураб тIагIат бихьилаан камилаблъун, жинда кинабгIаги гIайиб чIвазе бакI гьечIеблъун. Гьедин букIарабани нилъер гIибадатги гIадад хун ахираталда щибго жо гьечIого хутIизе рес букIана.

Амма нилъеда Аллагьас бихьизе гьабуна нилъерго гIибадаталда жаниб бугеб мукъсанлъи, гьелъухъ БетIергьанасе гIемераб реццги шукруги буго.

Гьединаб куцалда унти батун хадуб гьелъие дару балагьиялде журазе рекъола. ХIузур бачIинабизейин нилъерго къуватги хIалтIизабун лъугьани хIасил дагьаб щвела. Кин бугони хIажат буго цогидаб даруялде, яги цогидазул хIалбихьиялдегун кумекалде. Гьелъие бугеб бищунго кIудияб сабаб буго тIарикъаталъул устарасухъеги ун гьесул тарбиялде лъугьин. Гьелъул магIна кколаро гьесие цинтIаго тIубараб хIузур бачIунин абураб жо. Амма гьев лъугьуна хIузур бачIине рес бугеб Аллагь рехсеялъул нухде. Устарасул тарбиялда гъоркь гьабураб гIибадаталъ ракIги бацIцIад гьабун рес буго гьесул пикру хIузуралдехун цIазе. Живго жиндаго чIун гIибадат гьабиги гьукъараб жо гьечIониги, гьелъул хIасил дагьаб букIуна. Балагье цо, вихьанищ янужеда, я школалда, я институталда цIаличIого живго жиндаго чIун цIалун вахъарав гIалим, яги профессор? ВихьичIо, вихьизе ресги гьечIо. гьебго хIукму буго гIибадаталда жанибги. Аллагьас кумек гьабеги киназего хIузуралда гIибадат гьабизе!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...