Аслияб гьумералде

ГIибадат гьабизе рес

ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.

 

БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда гIузру бачунаан кьижизе заман гIоларин, чорхое рахIат гьабичIони къад хIалтIун бажаруларин абун. Гьанже гьеб гIузру тIаса ана. ГIибадат гьабизе ресги щвана.

Якъинго нилъеда киназдаго бихьулеб буго гьаб дунялалъул гIумру цIакъго къокъаб букIин. Гьединго гIолохъанлъиги цIакъго дагьаб заман бугеблъи. Хирияб хIадисалда буго: «Нужеца пайда босе щуго жоялдаса цогидаб щугояб тIаде бачIиналде. ГIолохъанлъиялдаса, херлъи бачIиналде. Сахлъиялдаса, унтилалде. Бечелъиялдаса, мискинлъилалде. Бугеб регIелалдаса, цогидаб амру тIаде бачIиналде. ГIумруялдаса, хвел тIаде щвелалде», - ян. Балагьеха, бусурбаби, гьаб хIадисалда жаниб бугебщинаб вагIзаялде. Гьаниб рехсараб щуябго жо нилъехъ букIаго гьелъул гIаксияб бачIинин абун ракIалдецин кколаро.

Кинав гIолиласда ракIалде кколеб жив херлъилин абун. КIалалъ абуниги гьелда божи букIунаро, кидаго гIолохъанго вукIуневин абураб хьулалда вукIуна. Амма гIемерисел ригьалде рахарал гIадамаз абула гьадин: «Хвел тIаде щолеблъи лъалаан, амма херлъулеблъи лъалароан», - ян. Гьедин гуккула гIолохъанлъиялъ.

Гьаниб рехсечIого гIоларо цо гьадинаб ишги. ГIолилаздани ккела гьедин, амма херлъаниги гIолохъанавин жиндаго кколесул унти жеги цIикIкIараб буго. ХIакъикъаталдаги гIумрудул сонал 60-йиде раханиги гIолохъанго вугин ккун гIадада чIолев чи цIакъго живго жинцаго гуккаравлъун ккола. Щивав чиясда лъазе ккела жиндирго ригьги, заманги, бакIги. Жив гIолохъанав вугин абун керен бухиялъ гьесул арал сонал тIаса ккезаруларелъулха.

Сахлъи бугеб мехги буго инсанас бищунго къимат гьабулареб жо. Сахго вугеб заманалда ракIалдего кколаро унтизе бегьилин абун. Гьединазейин лъикIаблъун бихьизабун бугеб унтаразухъе зиярат гьаби. Цо-цогIаги больницаялде ваккулев вугони, гьесда кIочене рес гьечIо жиндирго бугеб сахлълъиялъе щукру гьабизе.

Бокьарав ресалда вугев чиясда абе мун мискинлъизе вугинцин гуреб, мискинлъизе рес бугин абун. ГIагарде къазецин толаро гьединаб рагIи. Щайгурелъул бечедав чиясул хIисабалда рекъон букIуна саламатго нахъе лъураб боцIи-мал. Гьелде мугъги чIван къабул гьабуларо мискинлъизе рес бугин абураб рагIи. Амма гьеб кинабго кодоса ун янгъизго хутIидал, кверал хIанчIи гурони тIокIаб бажарулеб жоги букIунаро.

«Бечелъи гъотIол рагIад, даимго тIад чIолареб,

Хун араз нахъе толеб, чIагоязе хутIулеб».

Гьедин хъван буго ЧIикIаса СагIид-афандияс.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...