Аслияб гьумералде

Рокъов чIей

Рокъов чIей

Рокъов чIей

ХIурматиял бусурбаби, нилъеда рагIула имамзабаз мажгитахъ, казият-журналазда ва цогидалги мажлисазда кутакалда тIадчIей гьабун вагIзаби гьарулеб мацIалъул балагьаздаса цIунизе ккеялда тIасан. Гьелги ккола гъибат-бугьтан, мацI гьаби, гьереси бицин, цогидав сансикъ гьавун гаргади гIадал мунагьал.

 

ГIадатияб гIумру халкъалда гьоркьовги вукIун гьабулев чиясе гьеб буго кутакалда захIматаб иш. ХIатта кигIан хIаракат бахъаниги гьоркьоре ккечIого рорчIуларебгIанасеб жоцин буго гьеб. Кинин абуни, жинцаго бицинчIони цогидас бицунелъухъ гIенеккичIого хутIуларо.

Нилъеда бажарулеб бугони, цо лъикIаб нух буго мацIалъул киналго балагьаздаса рорчIиялъе. Щибин абуни, гьеб буго цIакъго чара гьечIеб жоялъе гурони гIадамазде гъорлъе рахъинчIого чIей. Исламалда жанибги беццараб иш ккола рокъов чIей. Хирияб хIадисалда буго: «Аллагьасе вокьула Аллагьасукьа хIинкъарав, вацIцIадав, цогидаздаса гIей гьабулев ва балъго вукIунев лагъ», - ян. Балъго вукIунев абураб рагIул магIнаги ккола рокъов чIеялда тIадчIей бугевин абураб.

ТIарикъаталъул агьлуялъги байбихьуда ругел муридзабазе лъикIаблъун бихьизабун буго чарагьечIелъе гурони гIадамазулъе гIадада вахъунгутIи. Гьебги баян гьабулеб буго, гьесдаса цогидал гIадамазе бачIунеб заралалдаса цIунун вукIинеян. Цогидаздаса гьесие зарал ккеялдаса хIинкъун гуреб гьелъул хIакъалъулъ хирияб хIадисалда буго: «Жиндирго рокъовги чIун, гьесул заралалдаса гIадамалги цIунун, живго гIадамазулалдасаги цIунун чIарасе Алжан буго», - ян.

Бичасул аварагс ﷺ цогидаб хIадисалда абун буго: «Бищунго дун гIажаиблъизавулев чи вуго Аллагьасдеги, Гьесул расуласдеги иманги лъолев, как-кIал, закагIат-сахIги тIобитIулев, жиндирго магIишатги гьабулев, жиндирго динги цIунулев ва гIадамаздаса рикIкIадги чIарав», - абун. Гьаб хIадисалда бицараб кигIан бигьаяб жо бугин кканиги, гьеб рикIкIад чIей абураб жо цIакъ захIматаблъун буго. Щайгурелъул, гьеб буго шайтIаналъ инсан гуккизе цевеги къотIун вачунеб бакI. Живго жиндаго вугони гьев мунагьалде тIамизе захIмалъула гьелъие.

Аллагьас кумек гьабеги!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...